Аслияб гьумералде

Салам магIарулазде

Салам магIарулазде

Ассаламу гIалайкум, магIарулазул улка,

Борхалъи тIаса бищун тIавап гьабулел цIумал.

ЦIарги, бахIарчилъиги, гьунарги кодоб кьурал,

Камиллъиги намусги наслабазухъе щварал.

Ассаламу гIалайкум, устарзабазул ватIан,

ГIаданлъиги иманги ургьиб жаниб бессарал.

Гьобол-гьудуллъиялъе хIурмат кIудиял вацал,

Унел зияратахъе нахъа чи толареб халкъ.

Ассаламу гIалайкум, гъазизабазул тIалъи,

Унтарал-щокъазухъе къо ккедал гочунеб халкъ.

Къварилъиги рохелги бащад гьабун къулчIулел,

Къуватги жанги кьурал, кьварарал магIарулал.

Ассаламу гIалайкум, бахIарзал рахъараб ракь,

Капурзаби гъурарал гъалбацIал гIадал васал.

Умумуца ханжарги харабаца тIамурги

ТIадегIанаб ракьалда кьурдизабураб уммат.

Ассаламу гIалайкум, мугIрузда гIураб къвакIи,

Къуръан каламалдасан кидаго кIал бичIичIел.

Буссунареб щар чIвачIел чIаголъи кьурал улбул,

Кьун батаги нужее абадиялъго алжан.

Ассаламу гIалайкум, умумузул ирсилал,

Кирилъун хъваги нужер жанибго цIунараб яхI.

ЦIобги баркатги лъеги, лъайги гIакълуги кьеги,

Кьурабщинаб садакъа къабулаблъун батаги.

Ассаламу гIалайкум, шайихзабазул свери,

Щваги нужер баракат кинабго гьаб халкъалъе.

РитIухъалда къвал базе, къабихIалда мал базе,

Бажари кьеги нужей, кьури гьечIеб щулатаб.

МУХIАММАД НУРМУХIАММАДОВ, ШАМИЛ РАЙОН, ТIЕЛЕКЬ РОСУ.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...