Аслияб гьумералде

ДугIа, гьара-рахьи

ДугIа, гьара-рахьи

ДугIа, гьара-рахьи
Бараб как камиллъаги,
Ккурал кIалал къабуллъаги,
Къабулазул кири щун,
Нилъ рохизе гьареги.
Иманалъул черх цIеги,
Ислам хиралъун ккаги,
Къуръан, хIадис бокьизе,
Аллагьас нилъ тIамаги.
ГIадан хиралъун ккаги,
РакIал рацIцIад гьареги,
РакI бацIцIадал чагIигун
ГIумру тIамизе щваги.
Рагъ-кьал бахчун хутIаги,
Гьелдаса цIунун таги,
ЦIоб гIатIидав БетIергьан
ГурхIулеллъун гьареги.
ГIун бачIунеб гIелалъе
Имангун сабру кьеги,
ГIакълу, адаб цIикIкIаги,
ЦIар тараллъун лъугьаги.
Аварагасул шафагIат
Щолеллъун нилъ лъугьаги,
Аллагь разияб гIумру
Насибаллъун гьареги.
Чорхолъ ритIун хутIаги,
Ахират лъикIаб щваги,
РухI бахъи бигьа гьабун
РитIун ккезаре, Аллагь!

Низамудин Гъазиев

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...