Аслияб гьумералде

Макка-Мадина

Макка-Мадина

Бихьизе берцинаб, ахIизе лъикIаб,

Макка-Мадиналъухъ хIасрат ккарай дун.

Авараг ﷺ гьавураб, гьев жанив гIураб,

Хираб Маккаялда рещтIен гьабуна.

Сафа-Марваялда тIаваф гьабуна,

ХIажрул Асвадалда убач гьабуна,

КагIбаялъул рокъор какалги рана,

Ясин цIалун Къулгьу дица гьабуна.

ХIеж-рукъалда сверухъ тIавафги гьабун,

ГIарафат магIарде тIадеги щвана.

ИсмагIил вегараб тIалъи бихьана,

Адам, ХIава чIараб гохIде яхана.

Муздалифалдаса чIинхал рищана,

Жамраталда чIинхал дица речIчIана.

Зам-замальул лъиналъ чурхдул чурана,

Авараг ﷺ гьавураб мина бихьана.

Хадижат эбелгун дандчIвай гьабуна

ГIаишатил мажгит, гIумра бухьана,

ГIаданлъи камилал, иман цIикIкIарал

ХIеж борхана дица гIарабиялгун.

ХIежалъул арканал камилги гьарун,

Хираб Маккаялде КагIба-рукъалъе,

Цинги хIеж-рукъалъе къо-лъикIги гьабун,

МугIрулгун щобазда дугIаги бухьун,

Гьенисан рилълъана ниж Мадиналде,

Хирав ХIабиб вугеб Равза бихьана.

Абубакар, ГIумар аскIор ратана,

Меседалъ къачIараб мажгит бихьана,

ХIамзат шагьидлъараб доб УхIуд мегIер,

Гьенире тIадеги сапар бухьана.

Гьев жанив вукъараб къабро бихьана,

Шамил имам вугеб авал батана,

ПатIиматгун лъимал аскIор ратана,

Аллагьасул ﷻ амру бацIцIад тIуралел,

ХIабибасул суннат гьоркьоб толарел,

Гьардаралдай Аллагь дол гIарабиял.

Я гьаб дунялалъул берцинлъи гьениб,

Цинги дунялалъул бечелъи гьениб,

Алжанул махI бугеб гIарабазул ракь,

Бихьзе хъван батаги хьуллъунщиназда.

Хираб равзаялъе къо-лъикI гьабуна,

БакъигIал хобазе бетIер къулана.

Хабал агьлуялъе дугIаги гьабун

Мадинаги тана лъикI букIайилан.

 

Жиндир мунагьал чураяй ХIайдарбегил Хадижат, Хучада росу

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...