Аслияб гьумералде

Акабирал жинхъе рачIунев

Акабирал жинхъе рачIунев

Аллагьасде ﷻ щезе анищ бугезе

Анжиялда вуго, рачунев далил

Устарасул баркат къваригIаразе

Къалъараб бакъ вуго АхIмад Афанди.

 

Эсул машрабалъул къимат лъалезе

Къунареб ицц вуго зам-зам гIадинав

Гьекъезе бокьарал муридзабазе

Маул хIаят вуго бахIру гIадинав.

 

Магьди Имамасда тIубазе бугеб

ТIарикъатги эсда божараб буго

Божи бугелаца нилъей рицарал

Биценазулъ элде тIоритIел буго.

 

ТIагьал наслуялда насаб хурхарав

Халифа эв вукIин хIакъаб жо буго

ХIакъикъат бокьичIез щиб бицаниги

Щибго эсий ккезе нукъсанлъи гьечIо.

 

Нилъер икълималда рекъел цIунизе

Эсул фирасаталъ хассаб бакI ккола

Ракълида Дагъистан теларин чIчIараз

ЧIорал кинацаго эсда речIчIула.

 

Кинабгоги хIехьон ццевехун ине

Аллагьас ﷻ эсие къуват кьун буго

Къуват эсул холин хивал букIарал

Халкъалда сурана дунялалдаго.

 

Динияб идара бокьулареца

Бугьтан гIемер лъуна гIалимзабазда

Муфтият рихарал хиянатчагIаз

Харбал тIиритIана гьерсал гIемерал.

 

Бокьарас-бокьараб бицеян абе

Бокьарас-бокьараб гьабеян абе

Гьабураб бицараб кинабго хъвалел

«Катибайни» ругел щивасда цадахъ.

 

Щивас кьелеб жаваб бичасда цебе

Бугьтанал лъуразги, мацI гьабуразги

МацIго гьечIел лугбал кIалъалеб къоялъ

Къунеб нужер талихI - нуж гIедегIуге!

 

ГIалимзабийилан цIар бугелаца

ЦIадабе халкъ балеб ахир замана

Аллагьас ﷻ рачайги битIараб нухде

Нухда мекъи ккелин хIинкъаралщинал.

 

ХIакъикъат бокьарал - батизе кIвечIел

Бица-бицаралда божун рукIунге

Божи бугелщиназ даим веццарав

Динияв цевехъан щивали цIехе.

 

Щайихзабаз жиндий нугIлъи гьабурав

ГIелму-гIамалалда гIалам мукIурав

ГIакълуги камилав, калам дурусав

Киналго тIад рекъон муфтилъун тарав.

 

ТIолго исламиял улкабаздаса

Акабирал жинде тIаде рачIунев

РачIанщиназ жиндир хIурмат гьабулев

ХIикматазул ралъад АхIмад Афанди.

 

Эсул тадбиралда дин тIибитIичIеб

Дунялалда гIемер бакIго хутIичIо

БакI-бакIалъ ракарал чирхъазул гIадаб

Чанги гIалимасул мисалги буго.

 

Мисаллъун босизе гIолеб гурони

ГIамал Муфтиясул цониги гьечIо

ГIибрат жаниб бугеб калам гурони

Кидаго эсдасан бицун рагIинчIо.

 

Дунялалда бугеб Алжанин ккола

Анжиялда жаниб бугеб цо тIалъи

ТIогьол махI бахъараб авлахъин ккола

МахIачхъалаялда бугеб цо свери.

 

Халидшагь, Дилим росу

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...