Аслияб гьумералде

Мисал босулел церехъаби

Мисал босулел церехъаби

Камилаб иман инсанасул чорхолъ букIине ккани, гьеб бачIунеб бакI яги гьелъие мисаллъун цо щиб бугониги жо, ялъуни камилав, щвалде щварав чи вукIине ккола мисаллъун.

 

Унго-унгоги гьединав инсанлъун ва нилъее рахIматлъун ккола кинабго махлукъат жиндие гIоло бижарав, жиндир тIабигIат-гIамал берцинав, сундуего мисаллъун вугев МухIаммад авараг ﷺ ва гьесул нухккун хадур рачIарал халипзаби.

Абубакар-асхIаб вукIана иманалъул рахъалъ, кинабго умматалдаса цIикIкIараб иман жиндилъ бугев, Аварагасде ﷺ бугеб гIищкъуялъул кутакалъ цо къоялъги Гьев ﷺ вихьичIони чорхол хIал хисун лъугьунев ва камилаб иманалъе жиндаса мисал босизе мустахIикъавлъун. Сиддикъ, ай витIарав, ритIухъав абураб тIокIцIарги жиндие щварав.

ГIумар-асхIаб. Кинабго умматалъулалда бащадаб иман жиндилъ бугев, жинда хадув авараг вахъине вукIаравани гьев чи ГIумар вукIинаанин Аварагас ﷺ жиндир хIакъалъулъ абурав.

ГIусман-асхIаб. Какилъ вукIаго шагьидлъарав.

АбутIалибил вас ГIали-асхIаб. Живги гьебго къагIидаялъ шагьидлъарав ва жиндир унго-унголъун ццим бахъиндал ратIлида гъорлъан рас къватIибе баккулев, дунялалдаго Алжаналъул рохел Аварагас ﷺ бицарав.

ТIокIалъги иманалъул рахъалъ жидедаса мисал босизе мустахIикъал щалха рукIинел?

Нилъер щивасул иман камиллъизе, ай щвалде щвараблъун букIине ккани, нилъеца мисал босизе ккола гьездаса. Иман камиллъизе ккани, асхIабзабазул гIумруялъул пикру гьабизе ккола. Гьелъул хIисаб гьабун нилъ хьвадани, кIиябго рукъалда талихIаллъун рукIина ва БетIергьанасул ﷻ разилъиги щвела.

Аллагьас ﷻ нилъ киналго гьареги лъикIал гIадамал рокьулеллъун ва гьезул баракат-рахIмат щун, цогидазул ракIал холеб къоялъ, ракIал чIагояздасан! Амин!

 

МухIаммад-хIажи АхIмадов,

Унсоколо росу

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...