Аслияб гьумералде

ЛъикI щвараб, Рамазан

ЛъикI щвараб, Рамазан

ЛъикI щвараб, Рамазан

Аварагасул ﷺ рагIабаздаса нилъеда лъала Рамазан моцI байбихьиялдалъун вохарав чиясе мунагьал чуриялъул къагIидаялда ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ рахъалдасан кири щолеблъи. Гьединго нилъеда лъала гьеб моцIалъ лъимал-хъизамазе байрамалъулаб ахIвал-хIал гIуцIизе ва гьел рохизаризе лъикIаб букIин.

 

Лъимал мунагьаздаса рацIцIадал руго, амма гьаб хирияб моцI тIаде щвеялдаса бугеб рохел бихьизабиялъулги гIажаибаб мисал цебелъуна гьез. Гъизилюрт шагьаралъул №8 школалъул 1 «г» классалъул цIалдохъабаз, жидерго классалъул нухмалъулей Фарида Лисетовналъул хIаракаталда рекъон, хирияб моцIалда хурхун гIуцIана тадбир. Лъималаз хIадур гьаруна Рамазан моцIалъе сайгъат гьарурал суратал, гьабуна дугIа, цоцазе лъикIал гьара-рахьиял, бицана кин жидеца гьеб моцI тIобитIулеб бугебали. Амма бищунго гIажаиблъизе бачIараб жо букIана, тIоцебесеб классалъул гIемерисел цIалдохъабазул дугIабазулъ Украиналдагун Палестиналда рагъ лъугIагиян гьари.

Гьеб тадбиралда гIахьаллъизе ахIун рукIана «Ас-салам» газеталъул вакил ва Гъизилюрт шагьаралъул рухIияб лъай кьеялъул отделалъул хIалтIухъан МухIаммад МухIидинов. Гьес лъималазе бицана Рамазан моцIалъул бугеб къиматалъул, лъай тIалаб гьабун цIалиялъул бугеб кIваралъул, эбел-инсулгун учительзабазул адаб-хIурмат гьабизе ккеялъул хIакъалъулъ.

Гьединал тадбиразул кIудияб кIвар буго исламалъул нухалдагун берцинаб рукIа-рахъиналда гIолеллъун рукIине лъимал куцаялъе. ТIадегIанав Аллагь ﷻ разилъаги гьединаб тадбир гIуцIарал мугIалимзабаздаса ва умумуздаса!

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...