Аслияб гьумералде

Витаминаздалъун бечедаб

Витаминаздалъун  бечедаб

Витаминаздалъун  бечедаб

Тохтурзабаз абулеб буго инсанасе пайдаяб пихъ кколин хIавагIечилан. ГIадатияб гIечалъулъ букIунеб С витамин гьелъулъ кIиго нухалъ цIикIкIун букIуна. Гьанжего гьанже гъотIодаса тIураб гьеб рикIкIуна витаминазул гъамаслъун. Гьелъулъ руго провитамин А, С, Е, В1, В2, В6, РР гIадал витаминал, фруктоза, глюкоза, пектин, кислотаби, калий, натрий, железо, фосфор ва мед гIадал веществаби, гьединго, углеводалгун аминокислотаби. 

 

БатIи-батIиял нигIматазе (компот, варенье) хIалтIизабун хадубги гьелъулъ цIунун хутIула пайдаял жал. 

ХIалакълъизе къваригIарал ва черх узданлъиялда цIунизе бокьаразеги хIаягIеч рикIунеб буго кутакалда пайдаяблъун. Чиясулъ лъугьунеб кьаралъи хIаягIечалъ биччалеб гьечIо данде бакIарун нахъбахъун хутIизе. Амма хинлъизабураб мехалъ гьеб гIуцIи биххун унеб буго, гьединлъидал кьаралъунгутIиялъул нияталъе хIалтIизабулеб хIаягIеч букIине кколеб буго цIеда лъун (варенье компот гIадаб гьабулаго) хинлъичIеб.

 

ХIавагIечалъул пайдаби

Гьелъулъ бугеб С витамин, сордо-къоялъе чиясе бихьизабураб къадаралда щолеб буго хIавагIеч квиналдалъун. Гьеб витаминалъ кумек гьабула иммунитет щулалъизабизе ва цIа-кан бахун лъугьараб унти сах гьабизе. 

Аллергия лъугьиналде данде чIолеб къуватги буго гьелъулъ.

ГьоцIогун жубазабун квараб гьелъ кумек гьабула бакьазда лъугьарал инфекциялъулал унтабаздаса цIуниялъе. Чакарги бан бакъвалъизегIан гьализабураб гьелъул лъим (сироп) бавасуралъе (геморрой) дарулъун рикIкIуна. Белъун кванараб гьелъ лагIдей къотIизабула.

Калиялдалъун бечедаб букIи-налъ хIавагIечалъ кумек гьабула бидул тIадецуй рукIалиде ккезабизе. Гьелъ кумек гьабула рекIел унтабигун инсультал ккунгутIизе, атеросклероз гIадал унтаби лъугьунгутIизе. Гьелдаго цадахъ холестериналъул къадарги гIодобе ккезабула. Чакрил диабет бугезе, гьелъул роцен букIине кколедухъ цIунизе, кумек гьабула.  

ХIавагIечалъулъ ругел фенолал абулел жалаз кумек гьабула черх квачалъулгун цогидал рахунел унтабаздаса цIунизе.

Психикаялъеги гьелъ лъикIаб асар гьабула. Стресс бахъизе, нерваби гIодоре риччазаризе квербакъула. 

ХIавагIечалъулъ ругел антиоксидантазул гIуцIабаз кумек гьабула рак унтудаса цIуниялъе, гьелъул клеткаби тIагIинариялъе.

КIващул пунцIилаялда унти лъугьарал бихьиназеги лъикIаб буго гьеб кваназе. Гьединго, гьелъ беразул канлъи лъикIлъизабула ва беразулъ лъугьунел батIи-батIиял унтаби сах гьаризе квербакъула. Китаялда хIавагIеч хIалтIизабула беразул канлъи цIуниялъе гьарулел дарманазулъ.

Гьеб кваназе лъикIаб буго хIур букIунеб яги чорокал жал къватIире кьолел бакIазда хIалтIулезе. ХIавагIечалъулъ бугеб пектиналъ гьединал жал чорхолъа къватIире инарула.

 

Руччабазе баян

Калий, кальций, железо гIадал жалаз лъикIаб асар гьабула эбелалъул ургьиб бугеб лъимералъул рижиналъе. Белъараб гьелъ кумек гьабула гьегIдариялда данде ва бохдуздагун махIабазда кьватIелал лъугьунгутIизе.

Барщараб хIавагIеч ва гьелъул пурчIина, крем гIадинги гьабун, хIалтIизабула гьумер-кверазда бахинеги. Херлъиги хIинцлъизабула хIавагIечалъ.

Расул кьалбалги щула гьарула гьелъ. Пюре гIадинги гьабун, крем хIисабалда, хIавагIеч расуда бахани, тIом бацIцIад гьабула ва рас кенчIезабула.

 

Заралалъул хIакъалъулъ

Пайдабаздаго цадахъ зарал камураб жо букIунарелъул, хIавагIеч кваназе лъикIаб гьечIо бакьал унтарал, кванирукъалда ругъун бугел чагIазе. Лъимер гьабизе ругеб заманалда руччабазеги лъикIаб гьечIо гьеб кваназе, амма компот, варенье гьабун квине бегьула. 

Гьелда тIад бугеб квасквас гIадаб жо, кваналалде цебе, тIаса инабизе лъикIаб буго. Щайгурелъул гьелъ хъегIдизарула, мукъулукъалъе зарал гьабизе рес буго. ХIавагIечалъул гага кваназе бегьуларин рикIкIунеб буго гIалимзабаз. Гьелъулъ ругила черхалъе зарал гьабизе рес бугел жал.

Гьуърузда плеврит абураб унти бугезеги бегьизабун гьечIо хIавагIеч. Дару хIалтIизабулебгIан заманалда жаниб кваначIого тезеги рекъараб буго гьеб. 

 

МухIаммад ГIалиев

2026-03-15 (Шаввал 1447 с.) №6.


КӀал биччаялъул байрам

Ассаламу гIалайкум ва рахIматуллагьи ва баракатугьу!   ХIурматиял диналъул вацал ва яцал! РакӀ-ракӀалъ баркула нужеда тӀаде щвараб баракатаб кӀал биччаялъул байрам: кӀал кквеялъул, как баялъул, ракӀбацӀцӀадаб тавбуялъул ва рухӀияб рахъалъ хисиялъул цӀураб хирияб рамазан моцӀ лъугӀулеб...


РитIухълъиялъул аслу

Халкъазда цебечIарал масъалабазул цояб ккола адаб гьечIолъи. Хасго гьеб загьирлъула гӀолеб гӀелалда гьоркьоб. Адаб-хӀурмат, яхӀ-намус ккола сахаб жамгӀият букIиналъе лъолеб кьучӀалъул цояб. ГIемерисел масъалаби, захIмалъаби, ритӀухълъи гьечIолъи бугелъулха адаб гьечIолъиялъул...


Духъе вачIарав чапар

Рамазан моцI ккола гIумруялда жанир ккарал гIунгутIаби рацIцIине ва нилъерго иман щула гьабизе кьураб моцI, гьебги ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ рахIматалдалъун. Гьаб моцIалъе чияс букIине кколеб адаб-хIурмат гьабуни, гьелъул баракат щвела.   Рамазан моцI лъугIизе дагьалго къоял хутIун ругониги,...


Килдерил гIолилазул ифтIар

Гумбет районалъул Килялъ росдал гIолохъабаз МахIачхъалаялда тIобитIана ифтIаралъул сордо. Тадбиралда гIахьаллъи гьабуна районалъул имамзабазул советалъул председатель МухIаммаднур МухIаммадов, росдал имам ГIабдула СултIанов ва цогидалги. ГIалимзабаз ва имамзабаз гIолилазул суалазе кьуна жавабал,...


Суал-жаваб

Шукруялъул сужда кида гьабулеб? Щукруялъул сужда гьабизе суннатаб буго. Гьебги гьабула циндаго ракIалда букIинчIеб бакIалдаса нигIмат тIаде бачIиндал яги жиндаса балагь нахъчIвайдал. Гьединго, суннатаб буго шукруялъул сужда гьабизе квешаб унти бугев яги балагьалде ккарав чи вихьидал, Аллагьас I...