Аслияб гьумералде

Пихъил хан

Пихъил хан

Жакъа къоялъ дунялалъул гIемерисел бакIазда гIезабулеб буго граната. Гьелъул гъутIбузе бакъ ва хинлъи бокьула, гьединлъидал гьел рижула ГIагараб Машрикъалда, Югалъулаб Европаялда, Кавказалда, Гьоркьохъеб Азиялда ва Россиялъул цо-цо регионазда – Дагъистаналда, Крымалда ва Шималияб Осетиялда.

 

Черхалъе ва бидурихьазе сайгъат

Гранат пихъалда жаниб букIине бегьула 400-900 щвезегIан гьитIинал мугьал. Гьеб ккола нилъер чорхое хIажатал витаминазул, минералазул ва микроэлементазул бечелъи.

Гранаталъ лъикIаб асар гьабула рекIее ва бидурихьазе, гьуърузул нухазе, ЖКТ-ялъе, кIущалъе ва эндокринияб системаялъе. Гьелда тIадеги, гранатаялъ лъикIаб асар гьабула тIомол ва кIалзул хIал лъикIлъиялъе.

Гранаталда жаниб бищунго гIемер руго С, Р, В6 ва В12 витаминал. Гьез щула гьабула иммунияб система, бидурихьал ва нервабазул система. Амма гIемер гранат хIалтIизабулеб бугони отравления ккеялдаса ц1унилъун ч1ола. Гьелда жаниб гIезегIан кислота буго.

Гранаталда битIун абула «пихъил хан» абун - ва гьелъул къиматаб сипаталъухъ гуребги, черхалъе бугеб пайдаялъухъги. Якъуталъул кьералъул гьеб пихъ некIо заманалдаса нахъе букIана ч1аголъиялъул, лъикIлъиялъул ва сахлъиялъул гIаламатлъун. Ва гьанжесеб гIелмуялъ гIиц1го тасдикъ гьарулел руго гьелъул хасал хаслъаби.

Витаминал гурелги, наралъулъ руго эркенал радикалазде данде къеркьолел, херлъи дагь гьабулел ва рак унти ккеялъул хIинкъи дагь гьабулел антиоксидантал. Бищунго къуватал антиоксидантазул цояблъун кколеб «пуникалагиналъ» нар лъабго нухалъ сахлъиялъе пайдаяблъун гьабула гIурччинаб чаялдаса.

ГIадатияб исламалъул медицинаялда хасаб бакI кколаан гранатаялъ. Бусурбабазул кIудиял тохтурзабаз ва гIалимзабаз, масала, Ибн Синаца (Авиценна), Ар-Разица (Разес), мухIканго ц1ех-рех гьабуна гьелъул даруял хаслъабазул ва гьел жидерго дару-сабабалъул хIалтIабазда гъорлъе рачана.

Граната ккола гIиц1го пихъ гуреб, тIабигIаталъ нилъее кьураб тIабигIияб аптекалъун. Жиндир заманалда гьеб кванайдал черхалъ «баркалаян» абила!

 

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...