Аслияб гьумералде

Ингилисазул жасус

Ингилисазул жасус

(Байбихьи цересел номеразда)

 

Нижеда гьоркьоб чIагIдал бицун ккараб хабар дица Сафиятида бицана ва гьелда тIадкъана гьев лъикIаб куцалъ мехтизавейин абун. Хадуб дида гьелъ бицана: «Дуца абураб куцалъ дица гьев мехтизавуна. Цинги гьев кьурдулев вукIана ва гьеб сордоялъ диргун цо чанго нухалъ жинсияб гьоркьоблъиги гьабуна», - ян.

 

Гьедин дицаги Сафиятицаги Неждалдаса МухIаммад кодове восана. Дица нижер министрасулгун къо-лъикI гьабулеб мехалда, гьес абуна: «Нилъеца капурзабахъа (бусурбаби) Испания бахъана мехтизарулел жал ва саяхълъи хIалтIизабун. Гьел кIиябго гучаб къуват хIалтIизабун бахъила нилъер хутIарал ракьалги», - ян.

Гьел рагIабазул тIубараб хIакъикъат дида гьанже гурони бичIчIичIо.

Цо нухалъ дица кIал кквеялъул хабарги ккезабун, абуна: «Къуръаналда буго: «КIал кквей нужеего пайдаялъе буго» (сура «Аль-Бакъара», 184 аят). Амма абулеб гьечIо гьеб парзлъун кколин. Гьедин батани, кIалкквей Исламалда жаниб беццараб буго, амма паризаяб гьечIо», - ян.

Гьес абуна:

- Дуе дун диналдаса ватIа гьавизейищ бокьун бугеб? - ан.

Дица абуна:

- Дин ккола ракIбацIцIалъи, рухIалъул сахлъи, батIиязда тIаде гьесунгутIи. Унго, Аварагас ﷺ абун гьечIищ: «Дин ккола рокьи», - ян. Ва Аллагьас БацIцIадаб Къуръаналда абун гьечIищ: «Ва лагълъи гьабе дурго БетIергьанасе, духъе якъин бачIинегIан», - ян. Киналго исламиял тIахьазда хъван буго якъин - гьеб хвел абун бичIчIизе кколин. Гьеб гьедин батани, якъин загьирлъизе буго Къиямасеб къоялъ ва гьеб букIине буго бищунго лъикIал гIадамазул, бищунго ракIал ва ишал рацIцIадазул, бищунго мустахIикъазул».

Жавабалъул бакIалда гьес бетIер кIибикIана гьеб мекъи бугин абураб магIнаялда.

Цо нухалъ дица гьесда абуна как бай паризаяблъун кколарилан. Цинги гьес абуна: «Аллагьас Къуръаналда абун буго: «Как бай, Дун ракIалде щвезе гIоло», - ян (сура «ТIагьа», 14 аят).

- Гьедин бугони, как баялъул мурад Аллагь ракIалде щвезави кколеб бугоха. Гьеб мехалъ какил бакIалда бегьулеб бугогури гьадинго Аллагь ракIалде щвезавизе, - ян абуна дица.

Гьес жаваб кьуна:

- У, цо-цояз какил гIуж щведал гьелъул бакIалда Аллагь ракIалде щвезавулаан.

Дун цIакъ разилъана гьел рагIабазда. Дица кутакаб хIаракат бахъана гьеб пикру щулалъизабизе ва гьесул ракIалда тIад кверщел гьабизе. Хадуб бихьана гьес какил кIвар гьабулеб гьечIолъи. Цо балаан, цо-цо балароан. Щайгурелъул дун гьевгун гаргадулаан сордо бащалъизегIан ва гьесул макьие квалквал гьабулаан. Хадуб, рада-радал гьесда тIаде загIиплъи бачIунаан ва как базе гьев вахъунароан. (Аварагас ﷺ абун буго: «Как – диналъул хIуби. Как балев чи – жиндирго дин тIубазабулев вуго. Как баларев чияс биххизабула дин» ва «Как бай дица балеб гIадин. БатIияб куцалда как бай – кIудияб мунагьалдаса ккола. РухIияб рацIцIалъиялъул тIоцебесеб гIаламат – битIун как бай»).

Дагь-дагьккун дица Неждалдаса МухIаммадилъ дин дагьлъизабулеб букIана. Цо нухалъ дие бокьана гьесулгун Аварагасул ﷺ хIакъалъулъ хабар гьабизе. Гьес абуна: «Дуца гьелда тIасан дунгун кIалъай цIидасан байбихьани, дун барщизе вуго ва дургун гьоркьоблъи къотIизабизе буго», - ян.

Хадуб дица, гьеб ишалъулъ росарал бергьенлъаби паналъизе гуринги хIинкъун, хIукму гьабуна Аварагасул ﷺ хIакъалъулъ хабар гьабичIого тезе. Дица гьесул рекIелъ бессизабуна пикру лъабабилеб нух кквезе ккеялъул, ай суннитаздаги шигIитаздаги гьоркьосеб.

 Амма гьес дир пикруялъул кIвар гьабулеб букIинчIо. Гьесда чIолохъжо базе ва гьев кодобе восизе дида кIолаан Сафиятил кумекалдалъун.

Цо нухалъ дица гьикъана:

- Аварагас асхIабзабазда вацалин абун буго. БитIараб гьечIищха?

- У, - ян жаваб кьуна гьес.

- Исламалъул тIадкъаял кидагоселищ рукIунел яги унел-рачIунел жалищ кколел?

- Кидагосел. Щайгурелъул Аварагас ﷺ хIалалаблъун (изну кьураблъун) бихьизабураб хутIула хIалалаблъун Къиямасеб къо щвезегIан, хIарамаблъун бихьизабураб гьединаблъун хутIула гьебго къо щвезегIан.

Дица абуна:

- Гьедин батани рачIаха нилъ вацаллъун рукIине.

Ва нижеца вацаллъун рукIине къотIи гьабуна. Гьеб къоялдаса нахъе дун гьесдаса вичIичIо. Сапаралъги ниж цадахъ унаан. Дица гьесде цIакъго цIакъ кIвар кьезе байбихьана. Щайгурелъул дир гIолохъанлъиялъул бищун хирияб заманалда чIараб гъветIалъ пихъ кьезе байбихьун букIиндал.

Лондоналде, Колониязул ишазул министерствоялде, дица щибаб моцIалъ баянал ритIулаан. Данде щолел рукIарал жавабаз бахIарчилъи бижизабулаан ва ишазде гьесизавулаан дун. Неждалдаса МухIаммадин абуни унев вукIана дица бахъараб нухдасан.

Цо нухалъ дица гьереси бицун абуна, гьадинаб макьу бихьанин: «Нолъ-къаси дида макьилъ вихьана нилъер Авараг (гьесул сипат-сурат рехсана мугIалимзабаздаса рагIун букIараб куцалъ). Гьев гIодов чIун вукIана тахбакIалда. Гьесда аскIор рукIана дида лъаларел гIалимзаби. ТIаде вачIана мун. Дур сипат гвангъун букIана бакъ кинигин. Аварагасде ﷺ гIагарлъана. Авараг ﷺ тIаде вахъана ва дур надалда убач гьабуна. Цинги абуна:

 - Мун – дир цIарцояв, мун – дир гIелмуялъул ирсилав, мун – рухIиял ва дунявиял ишазулъ дир сардар, - абун.

Ва дуца абуна:

- Я Аллагьасул Расул! Дун хIинкъун вуго дир гIелму, малъи гIадамазе рагьизе.

Гьелъие Аварагас ﷺ жаваб кьуна:

- Мун – бищунго тIадегIанав, цо дагьавниги хIинкъуге.

Макьуялъул рагIидал, гIемер разилъиялъ Неждалдаса МухIа-ммад битIахъе воржанхъулеб хIалалда вукIана. Чанго нухалъ гьикъана битIараб бицунеб бугищилан абун. Щибаб нухалъ дица гьев божизавулаан гьедин букIанинги абун. Гьев тIубанго божана. Дида ккола, гьеб къоялдаса байбихьун хIукму гьабунин гьес дица гьесулъ бессизабураб кагътиде босизе ва Исламалъулъ цIияб мазгьаб гIуцIизе.

(Стамбулалъул университеталъул профессор, 1354/1936 соналда хварав, Багъдадалда гьавурав Жамил Сидги Захавани-афандияс Египеталда къватIибе биччана «Ал-фажру с-садикъ» абураб тIехь 1323/ 1905 с., Стамбулалда жиб «Х1акъикъияб тIехь» абун цIидасан къватIибе биччан букIараб. Гьеб тIехьалда буго 1143/1730 соналъ вагьабизмалъул мекъал пикраби тIиритIизарунин Нежд шагьаралдаса МухIаммад бин ГIабдул-Вагьабица. Живго гьев гьавуна 1111/1699 с., хвана 1207/ 1792 с. МухIаммад бин СугIуд Адмиралас бусурбабазул гIемераб би тIуна, гьеб сабаблъун вагьабизмалъул нух тIибитIана. Жалго хутIун киналго бусурбаби вагьабияз ширк гьабулеллъун рикIкIуна. Жидер нух къабул гьабуларел чIвалел рукIана, гьезул къайи-къоно, давлалъун рикIкIун, бахъулаан. Аварагасул ﷺ рахъалъ чорокал жал абулаан. ГIелмуялъул ва Къуръаналъе баянал кьеялъул тIахьал, хIадисал рухIулаан. Мекъса, жидерго бербалагьиязда рекъон бичIчIи гьабулаан Къуръаналъе. Бусурбаби гуккизе гIоло абулаан жидеца хIанбалиязул, ай имам АхIмадил мазгьаб ккун бугин. Гьелдаго цадахъ хIанбалиязул мазгьабазул гIемерал гIалимзабаз гьел (вагьабиял) нахъчIвана ва гьел мекъи рукIин бихьизабулел тIахьал хъвана. Вагьабияз хIарамаб жо ихтияр бугеблъун чIезабулеб букIин сабаблъун, жеги гьез Аварагги ﷺ гьесда нахърилълъарал чIахIиял гIалимзабиги гIодорегIан гьарулел рукIин хIисабалдеги босун, гьел рикIкIуна капурзабилъун.

Вагьабияб диналъул анцIго аслу буго: 1. Аллагь материалияб вижин ккола, гьесул руго кверал, сипат ва гь.ц. Гьеб релълъуна насраниязул инсуда, васасда ва бацIцIадаб рухIалда божи гьабулеб диналда. 2. Гьез Хирияб Къуръан жидедаго бичIчIараб куцалда баян гьабула.

  1. Х1урматияв асхIабзабазул малъа-хъваял ва вагIза-насихIатал нахъчIвала. 4. Дин лъазабулел диниял гIалимзабазул лъай нахъчIвала. 5. Ункъабго мазгьабалъул бокьаралда нахърилъарал капурзабилъун рикIкIуна. 6. Вагьабизмалда нахърилъинчIелщинал капурзабилъун тола. 7. Жидер дугIабазулъ Аварагасдалъун ﷺ яги авлияаздалъун тавассул гьабулелщинал капурзаби ругин чIезабула. 8. Абула Аварагасул ﷺ ва авлияазул хабалазде зиярат гьаби хIарамаб бугин. 9. Абула Аллагьасул цIаралдалъун гуреб, батIияб жоялдалъун гьеди ширк кколин. 10. Аллагьасе гIоло гуреб батIиязул цIаралдасан къурбаналъе хIайванал хъуни, гьез рикIкIуна капуравлъун.

Гьаб тIехьалда гьезул анцIабго аслу гьереси букIиналъе далилал рачун руго. ХIисаб гьабуни, гьезул анцIабго аслу лъурав чи Неждалдаса МухIаммадилъ Хемпер вуго.

Ингилисаз Хемперил мукIур-лъи печаталда бахъун буго насранияб дин тIибитIизабизе гIоло ва бусурбабазул лъимал гуккиялъул мурадалда, гьез хъвалеб буго гьереси ва хIакъикъат хисизабун. Нижеца гьеб къватIибе бахъулеб буго гьел магIна хисизабиял ва мекъса ккезариял ритIизеги гьарун, нилъер гIолохъаби ингилисазул хIиллачилъиялдаса, ламартлъиялдаса цIунизе гIоло).

 

(Хадусеб букIине буго)

 

Барият МухIаммадова

2026-03-15 (Шаввал 1447 с.) №6.


Инсанасул талихI

ГIужда как бай буго инсанасул бищун кIудияб талихI. Нилъ Аллагьас ﷻ рижун руго гIибадаталъе, гIибадаталъул аслияблъунги буго как. Как байги буго МухIаммадил умматалда цIакъго-цIакъ хасс гьабураб гIамал.   ТIоцебе тIадкъай гьабулелъул как бай букIана къойида жаниб кIикъоялда анцIго базе....


Камил гьабила

ГIибадат гьабиялъулъ тамахлъи лъугьиналъ жанисеб бацIцIалъиялъеги чучлъи лъугьуна. Амма инсанас гIемер гIибадат гьабунагIан, рухIияб рахъги камиллъула. Диналъ нилъее, гIибадаталда даимго рукIинедухъ, Аллагь рази гьавизе хIаракат бахъиялъул мурадалда кьун руго паризаял гурелги гIамалал...


Духъе вачIарав чапар

Рамазан моцI ккола гIумруялда жанир ккарал гIунгутIаби рацIцIине ва нилъерго иман щула гьабизе кьураб моцI, гьебги ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ рахIматалдалъун. Гьаб моцIалъе чияс букIине кколеб адаб-хIурмат гьабуни, гьелъул баракат щвела.   Рамазан моцI лъугIизе дагьалго къоял хутIун ругониги,...


Нужее баяналъе

  «ХIавамим» абурал сураби чан ругел? – Анкьго руго. Щал гьел кколел? – «Гъафир», «Фуссилат», «Шура», «Зухруф», «Духан», «Жасият», «АхIкъаф». Щай гьезие...


Рагъухъабазе кумек гьабулеб ателье

ГӀумарасхӀабги гьесул лъадиги руго нилъер рагъухъабазе кумек гьабулел чагIи. Гьез гьабулеб ишалъул хIакъалъулъ рагIидал, ният ккана гьезухъе щвезе ва гара-чIвари гьабизе.    – ГIумарсхIаб, рагъухъабазе кумек гьабизе ккелин абураб пикруялде кин нуж кантIарал? - Нижер буго «Баракат» абун цIар...