Аслияб гьумералде

ДугIаялъул къибла

ДугIаялъул къибла

Аллагьасда ﷻ гьардолеб мехалда бусурбаби, квералги рорхун, зодоре ралагьула. РакIалде ккезе рес буго ТIадегIанав Аллагь лъова тIад вугин абун. Амма гьеб бичIчIи мекъаб буго.

 

Цо-цо гIалимзабаз баян гьабуна, как базе КагIба къибла букIунеб гIадин, зобги дугIаялъе къибла бугин абун. Гьелъие хIужалъун бачуна Авараг ﷺ, цо-цо мехалда дугIа гьабулелъул, зодове валагьулаанин абурал баянал. Амма КагIбаялде бетIер буссинабиялдаги эхеде валагьиялдаги гьоркьоб дандеккунгутIи гьечIо, инсанасда кIола гьеб кIиябго иш цолъизабизе.

Щайха бусурбаби яги диналдаса рикIкIадал гIадамал Халикъасде ахIи балелъул эхеде ралагьулел?

Гьеб хурхараб буго инсанасул тIабигIаталда. ГIадамал ругьунлъун руго бакIалъул ва рахъалъул пикру гьабизе. Вихьуларев, цеве чIезавизе кIоларев Аллагьасде ﷻ руссараб мехалъ, гьел ралагьула гIорхъаби гьечIеб бакIалде - зодоре. ДугIа гьабулев чиясе гьеб ккола бахчараб ва гьаб дунялалдаса къватIиб бугелде нух гIадаб жо.

КIиабилеб гIилла, «тIадехун» рахъ гIадамаз кIодолъиялда ва борхалъиялда хурхинабун букIин. Каламалъулъцин нилъеца абула «тIадегIанаб хъулухъ» яги «тIадегIанав чи» абун. Гьелъул магIна кколаро чорхол борхалъи абураб. Гьединлъидал инсанас дугIа гьабулелъул гьесул ракI тIадехун цIала.

КIвар бугеб жо ккола «тIадехун» бакI киназего цо букIунареблъи бичIчIи. Гьаб ракьалда вугев щивасе хасиятаб жо ккола ва гьесул бакIалде балагьун батIи-батIияб букIуна. Гьединлъидал цо хасаб рахъ бугин абизе ва тIадеги гьеб Аллагьасда хурхинабизе бегьуларо.

ПалхIасил, дугIа гьабулелъул инсанас кверал рорхидал яги тIадехун балагьидал, гьеб букIуна гьесул тIабигIаталда ва бичIчIиялда бараб, Аллагь цо пуланаб рахъалда вукIиналъ гуреб. Аллагь бакIалдалъун яги рахъалдалъун гIурхъи бугев гьечIо.

Гьединго лъазе ккола дугIаялъул бищун аслияб жо ракIбацIцIалъи букIин, балагьиялъул рахъ гуреб. Аллагьасда вихьула щивав чи, кив вугониги, гьесул дугIаялъе жавабги гьабула, бокьани эхеде, бокьани гIодобе валагьун вугониги.

 

Жабир Мажидов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...