Ингилисазул жасус
Ингилисазул жасус
(Байбихьи цересел номеразда)
Дир гьалмагъзаби Лондоналде дидаса цере щвана ва гьезие ведомствоялдаса цIиял тIадкъаял кьуна. Гьениве щведал диеги гьаруна малъа-хъваял. Амма, гIайиб гурищха, нижер, ай нахъруссарал рукIана анлъгоял. ХутIаразул цояв, секретарас бицухъе, Исламги босун, Египеталда чIана. Амма, кин бугониги, секретарь рази вукIана, щайин абуни, дов хIалтIухъанас ингилисазул балъголъи къватIиб загьир гьабун гьечIо.
КIиабилев Россиялде ана ва гьенивго хутIана. Гьев вукIана гIурус пачаясул улкаялъул чи. Секретарь пашманго вукIана гьев гIурусазул жасус вукIун ватизе бегьулинги абун.
Лъабабилев, Багъдадалъул сверухълъиялда, вабаъалъ унтун хун вуго. Ункъабилесул нух лъалеб букIана Йеменалда бугеб Сана шагьаралде щвезегIан. Амма хадуб гьесулгун бухьен къотIана ва лъалкIде тIаде ккечIо. Гьев ункъо чи ками ведомствоялъ кIудияб балагь хIисабалда къабул гьабуна.
Дир ишцоязго гIадин дицаги рапорт хъвана ва министрасгун секретарас дир хIалтIуе лъикIаб къиматги кьуна.
Дица камилаб куцалда лъазабун букIана турк ва гIараб мацIал, Къуръан ва шаригIаталъул арканал. Амма гIусманиязул пачалихъалъул загIипал бакIазул хIакъалъулъ рапорт кьезе дида кIвечIо. КIиго сагIаталъулаб данделъи лъугIараб мехалъ, секретарас гьикъана гьелъие гIилла щибилан.
Дица абуна:
- Дир аслияб масъала букIана мацIал, Къуръан ва шаригIат лъазаби. БатIиял ишазе заман букIинчIо. Амма гьаб нухалда дица нуж рази гьарила, - ян.
Секретарас абуна:
- Дир гьелда щаклъи гьечIо. Дие цIакъ бокьилаан дуца бергьенлъи босизе. Гьаб нухалъ дуе буго кIиго тIадкъай:
- Бусурбабазул загIипал бакIал тIатинариялда цадахъ, чIезаризе ккола гьезда гьоркьоб рикьи ккезабулаго, гьел нилъеда данде рахъине бегьулел бакIал. Къокъго абуни, тушман къезавулеб къагIида гьединаб буго.
- Гьел бакIалги чIезарун ва дир тIадкъаялги тIуразарулаго (бусурбабазда гьоркьоб дагIба-рагIи бекьулаго ва цоял цоязда данде тIамулаго), мун лъугьина нилъер министерствоялъул бищунго бажари бугев чиновниклъун ва щвела дуе шапакъат, - ян.
Дица Лондоналда анлъго моцI бана. Дир инсул вацасул яс Мариялгун ригьинги гьабуна. Гьеб мехалда дир букIана 22 сон, гьелъул - 23. Мария йикIана гьоркьохъеб гIакълуялъул, букIине кколеб маданияталъул ва берцинлъиялъул яс. Дир гIумруялъул бищунго лъикIал, бищунго рохалилал къоял дица гьелда цадахъ тIамуна.
Дир лъади лъимаде йикIана. Гьеб заманалда амру бачIана Ираналде ине. Вас гьавизегIан чIезе бокьун бугониги, амру нахъчIвазе кIвечIо, дица ВатIаналде кьолеб букIараб кIварги, хIалтIицоязда гьоркьоб бергьенлъи босизе бокьиги, машгьурлъи щвезе букIинги хIисабалдеги босун, тIаса бищана сапаралъ вахъин. Дир лъадуе цIакъ бокьун букIана лъимер гьабизегIан дун чIезе. Амма дун къуркьичIо ва ратIалъулеб къоялъ ниж гIодана. Дир чIужуялъ абуна: «Дихъе хъвадаре. Дицаги ритIила духъе кагътал», - ян.
Анлъго моцIидаса дун вукIана ГIиракъалъул Басраялда. Гьеб шагьаралъул цо бутIа букIана суннитазул, цогидаб – шигIитазул. Басра букIана гIарабаз, персаз ва дагьалго насранияз гIумру гьабулеб вилаят. ТIоцебесеб нухалда шигIиталгун дун гьенив дандчIвана. Гьелъул бицен ккун букIаго абила, шигIитаз абула жал нахърилълъунин ГIалида, ай МухIаммад аварагасул яс ФатIимал рос, аварагасул вацгIал жив кколев. Гьез тасдикъ гьабулеб буго МухIаммад аварагас жиндир ирсилаллъун тун рукIанин ГIалиги, гьесул васаллъун кколел 12 имамгиян.
Дир пикруялда, ГIалил, ХIасанил ва ХIусенил халифлъиялда хурхараб суалалъулъ шигIитал ритIарал руго. Исламалъул тарих дида бичIчIиялъул роценалде балагьун, ГIалил рукIана хасаб тIадегIанлъиялъул даражаби, халифлъун вукIине гьесие ресал кьолел. ХIакъикъаталдаса рикIкIадаблъун рикIкIунаро МухIаммад аварагас халифаллъун тун рукIанин ХIасанги ХIусенгиян абиги.
Амма дилъ щаклъи ккезабулеб жо буго Аварагас халифлъи кьун букIанин ХIусенил васасе ва гьесул лъималазул васазегиян аби. Щайгурелъул, Аллагьасул Расул холеб мехалда ХIусен жеги лъимер вукIана. МухIаммад унго-унгоги авараг ватани, Мессия вачIине вукIин лъалеб букIараб гIадин, гьесда кIвелаан Аллагьас лъазабун, букIинесеб цебеккунго бицине. Амма нижее, насраниязе, МухIаммадил авараглъи щакаб жо буго.
Бусурбабаз абула МухIаммад авараглъун вукIин тасдикъ гьарулел хIужаби гIемерал ругин. Гьезул цояб - Къуръан. Къуръан дица цIалана, гьеб хIакъикъаталдаги тIадегIанаб тIехь буго. Тавраталдаса, Инжилалдаса тIадегIанабцин. Щай абуни, гьелъулъ буго лъай, насихIатал, гIадамазул хьвада-чIвадиялъул къагIидаби, яхI-намус буголъи, хIикмалъаби. Я цIализе, я хъвазе жинда лъалеб букIинчIев свалат-салам лъеяв МухIаммадица гьединаб тIадегIанаб тIехь гьабизе кIвей цIакъ кIудияб гIажаиблъи гьабизе ккараб жо буго. Амма кколищха гьел хасиятал МухIаммад Аллагьасул унго-унго авараг вукIиналъе хIужабилъун?
МухIаммад хIакъи-къаталдаги авараг кколищали лъазе, дица цIех-рехал гьарулаан. Цо нухалъ Лондоналда дирго ракIбалеб суал кашишасе рагьана. Гьев кIалъалев вукIана цIакъ таваккалго. Амма ракIчIараб жаваб кьечIо. АхIмад-афандиясе суалал дица битIахъе, ракIалда бугеб куцалда кьолел рукIинчIо, дир жасусияб хIалтIи тIатине яги гьесул дида кинаб бугониги щаклъи ккезе гурин абураб хIинкъиялъ.
Дица салам лъеяв МухIаммад цIакъ лъикIавлъун рикIкIуна.
Щаклъи гьечIо, гьев ккола тIахьазулъ рехсарал аварагзабазул цояв. Амма дун, насранияв вукIаго, гьесул диналъе хъулухъ гьабулевлъун гьечIо. ХIакъаб жо, гьесул даража чанго нухалъ цIикIкIараб букIин бищунго гьунар бугел чагIаздасаги.
Суннитаз абуни чIезабулеб буго МухIаммад авараг накълулъун хадуб бусурбабаз халифасул цIарал кьунин Абубакарие, ГIумарие, ГIусмание ва ГIалие. Гьединалго дагIба-къецал дица халгьабуна батIиял диназулъги, хасго насранияб диналда жаниб. ГIумар ва ГIали хун рукIиналъ гьеб къацанди халат бахъинабиялъулъ пайда гьечIо. Дида ккола, бусурбаби цIодорал ратани, гьел ургъизе кколин араб заманалда тIад гуреб, гьанже бугелда тIад. (Халифлъиялда тIасан гаргади ва дагIба гьаби – шигIитазул хасияталдасан ккола. Суннитазин абуни рикIкIуна гьелда тIад ургъизего кколарин.
ГIолохъанав ингилисас журазарулел руго диниял ва дунявиял гIелмаби. Бусурбаби, гьес абухъе, цере унел рукIана дунявиял гIелмабазулъ, цIирагьиял гьарулел рукIана гьез. МухIканал гIелмабазулъ, техникаялда, математикаялда, архитектураялда, тохтурлъиялда, гIакълуялда ва хIалбихьиялда мугъчIвалеб букIана, гьединлъидал церетIолелги рукIана. Насранияз абуни, мунагьлъун рикIкIунеб букIана гIелмабазулъ гIакълуялда мугъчIвай гьаби ва церетIей, рухIиял гIелмаби абуни хисизарулел рукIана жидеего бокьухъе. ЦIар арав италиялъулав, тIабигIат гIелмуялъул махщалилав Галилей, бусурбабаздаса Дунял тириялъул хIакъикъат лъайдал, гьелъул бицанин абун кашишаз гIайибал чIвайдал, гьебсагIат туснахъ гьавуна. Дунял сверулеб гьечIинги абун, гьев кашишазул кодоса ворчIана. РухIиял гIелмабазулъ бусурбабаз гIакълуялда гуро, гIицIго Къуръаналда ва хIадисазда мугъчIвай гьабула. Гьел гIелмаби, гIакълуялъе мутIигIлъуларел, хисизаруларо, кашишаз гьабулеб гIадин).
Цо нухалъ колониязул ишазул министерствоялда дица абуна: «Бусурбабазда бичIчIани гIумруялъул хIал, гьез жидерго дагIба-рагIи лъугIизе тела ва цолъила», - ян.
Цадахъ хIалтIулезул цояс дун гьоркьов къотIизавуна ва абуна:
- Дур борч буго бусурбабазда гьоркьоб дагIба цIикIкIинаби, - ян.
Дун ГIиракъалде иналде цебе секретарас абун букIана:
- Хемпер, дуда лъай, Аллагьас Гьабилги Къабилги рижаралдаса хадуб гIадамазда гьоркьоб тIабигIияб тушманлъи бижараблъи. Гьеб цоцазда бичIчIунгутIи халатбахъине буго кIиабилеб нухалъ Христос рещтIинегIан (вачIинегIан). Гьединал рукIуна гIадамазда гьоркьор тунка-гIусаби гьезул тIомазул кьералде, щал, кинаб къавмалдаса кколелали ва киб гIумру гьабулел ругелаги балагьун. Гьаб нухалъ дуда тIадаб буго гьел дандеккунгутIабазул хIисаб гьабизе ва министерствоялъе баянал кьезе. Дуда кIвани бусурбабазда гьоркьоб кьал боркьизе, Англиялъе бищун кIудияб хъулухъ гьабуравлъун вукIина мун. Нилъеда, ингилисазда, ресалда ва парахалъиялда гIумру гьабизе кIолеб мехалъ, нилъ хIажаталлъун кколел руго дуналалъул киналго пачалихъазда ва колониябазда рагъ-кьал, питна багъаризабизе. ГIусманиязул пачалихъ биххизабизе нилъеда кIвезе буго гIицIго гьединал сихIрабаздалъун. ХIаракат бахъе, ралагье гьезул загIипал бакIал, чIунтIизаре гьел жанисан. Дур иш буго пачалихъалъул бутIрузда данде бахъине халкъ гьесизаби. Тарихалдасан лъалеб букIахъе, киналго хIуриятал байбихьана халкъазул ихтиярал мукъсан гьариялдаса. Бусурбабазе цIакъго хириял, хIурматиял жал хвезарун, гьел жалгоги ратIа-ратIа гьаруни, щибго гIакъубаги бихьичIого кIвезе буго нилъеда гьел щущахъ риххизаризе.
(Хадусеб букIине буго)