Ингилисазул жасус
Ингилисазул жасус

(Байбихьи цересел номеразда)
Неждалдаса МухIаммадилги дирги лъикIаб гьудуллъи ккараб мехалъ, Лондоналдаса амру бачIана шигIитазе цIакъ рокьулел ва гIелмуялъулги рухIияб рахъалъулги бакьулъ бакIаллъун кколел Карбилаъ ва Нежеф шагьаразде айилан. КигIан бокьичIониги, дица Неждалдаса МухIаммадилгун бухьен тезе ккана ва Басра тун ана. Амма дун рази вукIана гьев гIакълу гьечIев, пасатав чияс цIияб рикьи гIуцIизе, исламияб дунялалда кьватIел ккезабизе, гьеб рикьиялъул хIасилалда мекъи ккараб дин хIадур гьабизе букIиналдаса.
Суннитазе ункъабилев ва шигIитазе тIоцевесев халиф ГIали вукъун вуго Нежефалда. Нежефалдаса цо фарсахалдаса рикIкIад, ай цо сагIтил нух гьоркьоб бугеб Куфа шагьар ккола ГIалил халифаталъул тахшагьар. ГIали чIвараб мехалъ, гьесул васаз, ай ХIасаницагун ХIусеница хIукму гьабуна гьев Куфаялдаса къватIив вукъизе. Гьеб мехалъ ракIалда щвана гьезда Нежеф ва ГIали гьенив вукъана. Гьелдаса хадуб Нежеф шагьар цебетIуна, амма Куфаялъул иш цебе билълъинчIо.
Диналъул хIалтIухъаби, дин лъазабулел шигIитазул гIалимзаби ракIаризе лъугьана Нежефалде. Гьенир рана минаби, базарал, мадрасаби.
Стамбулалъул халиф рикIкIунаан гьезул магъалочилъун. Щайгурелъул:
- Ираналъул шигIитазулаб хIукуматалъ Нежефалъул шигIитазда кверчIвалаан. Халиф гьезул ишазде гьоркьов лъугьаравани, кIиябго улкаялъул гьоркьоблъи холаан.
- Нежефалъул вилаяталда гIемерал тухумал рукIана шигIитазул рахъ ккурал.
- Нежефалъул шигIитал рукIана дунялалъулго шигIитал журан лъугьарал чагIи – Индиялъул, Африкаялъул ва гь.ц. Гьезде данде халифас щиб бугониги ургъарабани, дунялалъулго шигIитал данде рахъунаан.
Аварагасул ясалъул вас, ай ФатIимал вас ХIусен Карбилаалда шагьидлъун хвана, ай диналъе гIоло. ГIиракъалъул халкъалъ гьев Мадинаялдаса жидехъего ахIун вукIана халифлъун тезе. Жиндирго хъизангун цадахъ ХIусен Карбилаалъул ракьалда щвараб мехалъ, ГIиракъалъул гIадамаз ярагъ кодобе босана. Сириялда ханлъи гьабулев вукIарав Амавиязул халиф Язид бин МугIавиял буюрухъалда рекъон, гьел ХIусен кквезе рахъана. Жиндирго хъизангун ХIусен ГIиракъалъул аскариялгун вагъана ва бахIарчияб хвелги босун накълулъана.
Гьеб къоялдаса нахъе шигIитаз рикIкIана Карбилаъ жидерго рухIияб бакIлъун ва киналго рахъаздаса гьенире къокъана. Нижер насранияб диналда гьединаб жого гьечIо.
Карбилаъ лъугьана шигIитазул шагьарлъун, гьенир руго шигIитазул мадрасаби. Карбилаъ ва Нежеф шагьараз цоцазда кверчIвала. Гьеб шагьаралде ине амру щведал, дун Басраялдаса Багъдадалде ана, гьенисан ккана Евфрат гIурул рагIалда бугеб Хулла шагьаралде.
Лондоналда тIадвуссун хадуб дица министерствоялда абуна нилъер мурадал ГIиракъалъ къабул гьаризе ккани, кIиябго гIурул чваххи хисизабизе кколин. Щайгурелъул, ГIиракъалъе лъим камуни, гьелъие рес букIунаро абураб къабул гьабичIого. Хуллаялдаса Нежефалда дун ана Азербайжаналдаса вачIарав базарганчи гIадин. ШигIитазул диналда хурхарал хIалтIухъабазулгун гьудул-гьалмагълъи гьабуна, гьезулъ дидехун ракIрагьиги божилъиги бижизабун, лъугьана гьел махсароде кквезе. Гьезул цIалдохъабазул къокъаялде гъорлъе лъугьана. Дида бихьана, суннитаз гьабулеб куцалда дандеккун шигIитаз мухIканал гIелмабазде кIвар кьолеб гьечIолъи ва дол суннитазе хасиятаб берцинаб хьвада-чIвадиги яхI-намусги гьезулъ гьечIолъи. Масала, гьезул цIакъ тушманаб бербалагьи буго ГIусманиязул пачалихъалде. Щайгурелъул, гьел жалго руго шигIитал, дол абуни – суннитал. Гьез турказда капурзабийин абула. ШигIитазул гIалимзаби, гьоркьохъел гIасрабазда нижер кашишал кинигин, тIуранго тIерхьун руго диниял суалазулъ ва цIакъ загIипго рухьун руго дунявиял ишалгун ва диниял гурел гIелмабигун. Гьезулъ бичIчIицин гьечIо хIакъикъияб исламалъул, гьелъул тIадегIанлъиялъул ва жеги мухIканал гIелмабазул техникаялъул. Дица дидаго абуна: «Унго, гьал шигIитал ругел гIодорегIанасел жал!» - абун. ТIубан дунялго борчIараб мехалъ, гьел жеги макьидаса рорчIун гьечIо. БачIина къо, гьулчила чваххи ва гьел росун ина. Чанго нухалъ дица гьел халифасде данде рахъине гьесизаруна. Пайда щиб, лъиениги бокьичIо дихъ гIинтIамизе. Цо-цоял дида тIад релъанхъулел рукIана. Дица гьезда хъахIаб дунял биххизабеян абулеб бугеб гIадин. Щайгурелъул, гьезда ракIалда кколеб букIана халифат бахъун босизе кIолареб хъала бугилан.
Гьез рикIкIунеб букIана гIицIго Магьди вахъун хадуб (насраниязул диналда Мессия) гьезда кIвезе бугин халифат тIагIинабизе.
Гьезул пикрабазда рекъон, Магьди ккола Аварагасул ﷺ наслуялдаса анцIила кIиабилев имам. Гьев гьавуна гьижрияб 255 соналъ ва хадув тIагIана. Амма гьев гьанжеги чIаго вуго, цо заманалда гьев ваккизе вуго ва гьес ритIухълъи чIезабизе буго гьаб хIал-зулму цIикIкIараб дунялалда.
Дун тамашалъулаан! Кин кIолеб шигIитазда гьединал маргьабазда божизе! Гьеб релълъараб буго нижер, насраниязул божиялда, кIиабилеб нухалъги Христос рещтIинин ва дунялалда ритIухълъи чIезабилин абураб.
Цо нухалъ дица гьезул цоясда гьикъана: «Нужеда тIадаб гьечIищ, исламалъул Авараг ﷺ гIадин, зулмуялда данде къеркьезе?» - ян.
Гьес жаваб кьуна: «Гьесие кумек гьабулеб букIана Аллагьас. Гьединлъидал гьесда кIвана зулмуялда данде вахъине», - ян.
Дица абуна: «ТIадегIанаб Къуръаналда хъван буго: «Кумек гьабе Аллагьасул диналъе ва Гьес нужее кумек гьабизе буго» (сура МухIаммад, 7 аят). Нужецаги росе хвалчаби ва данде рахъа нужеда тIад зулму гьабулев халифасде. Аллагьас кумек гьабила нужее», - ян.
Дов чияс жаваб кьуна: «Мун вуго базарган, гьал – гIелмиял суалал руго. Дуда гьезул щибго жо бичIчIуларо», - ян.
Унго-унгоял шигIитазул парччахI ГIали вукъараб бакI бечедго къачIан буго. Гьениб буго берцинаб азбар, тIад месед биччараб кIудияб хъуба (купол), кIиго кIудияб минара. Щибаб къоялъ гьенире зияраталъ рачIуна гIемерал чагIи. Гьез цадахъ как бала. Щивав шигIит, цин кIалтIаги чIун, къулун-ворхула. Гьениб буго кIудияб азбар, азбаралда диниял хIалтIухъабазе ва зияраталъе рачIаразе руго гIемерал хIужраби.
Карбилаалда буго ГIали вукъараб бакIалда релълъараб жеги кIиго хоб. Гьезул цоб буго ХIусенил хоб, цогидаб – гьесул вац ГIабасил, ХIусенго гIадин Карбилаалда шагьидлъун хварав.
Нежефалда шигIитаз гьабулеб букIана Карбилаалда гьабулеб. Карбилаалда гьава-бакъ жеги лъикIаб буго. Гьелда сверухъ руго лъикIа-лъикIал ахал ва лъинал.
(Хадусеб букIине буго)