Ингилисазул жасус
Ингилисазул жасус

«Признание английского шпиона» абураб гIурус мацIалда бахъараб тIехьалъул таржама кьолеб буго хадубккун макъалаялда. ТIехьалъулъ бицунеб буго исламалда данде тушбабаз гьабураб хIалтIиялъул. Баян гьабулеб буго вагьабизм бакки лъие къваригIун букIараб ва гьелъул аслуялда щив вукIаравали.
ЦеберагIи
Цо нухалъ МухIаммад аварагасухъе ﷺ рачIана Шамалдаса (Сирия, Иордания, Ливан, Палестина), Йеменалдаса ва Неджалдаса (гIарабазул бащдаб чIинкIиллъиялъул севералъулгун бакъбаккул рахъалда бугеб улка) чапарзаби.
Гьез Аварагасда ﷺ гьарана жидер ракьазда баракат лъегийин абун лъикIаб дугIа гьабеян. ХIабибас ﷺ лъабго нухалда абуна: «Я Аллагь! Шамалъул ва Йеменалъул ракьазе лъикIаб кье», - ян. «Недждги кIочон тогеха, я Аллагьасул Расул», - ян абидал, гьес ﷺ жаваб кьуна: «Гьеб бакIалдаса баккизе буго шайтIаналъул лълъар», - абун.
МухIаддисаз, ай Аварагасул ﷺ калам баян гьабулел гIалимзабаз «шайтIаналъул лълъар» аби бичIчIизабулеб буго, гьижрияб тарихалда рекъон, 12-абилеб гIасруялда Неджалъул ракьалда гIумру гьабун вукIарав МухIаммад ибн ГIабдул-Вагьабица кьучI лъураб экстремизмалъулаб чвахи, хадуб вагьабизм абун цIар щвараб.
Щибха кколеб вагьабизм ва щал кколел вагьабиял? Цо кинаб бугониги халкъалда Аллагьасул ццин бихъиндал, ТIадегIанас гьезие гIибадат гьабиялъул каваби къала ва дагIба-рагIиялъул каву рагьула. Гьеле гьел вагьабиялха кколел жидее дагIба-къецалъул каваби рагьарал чагIи. Халгьабуни, хIакъикъаталдаги гьедин буго. Диниял чагIаз гьеб чвахиялъе цIар кьуна «Ад-дагIват-уд-дамавия», ай «бидулаб ахIи» абураб. Гьеб цIар кьеялъе гIиллалъун ккола вагьабизмалда нахърилълъаразул гIорхъолъа араб радикализм, ай бокьараб дагIбаялъе гIоло гьез яргъилаб тунка-гIуси гьабиялъул хIужаби. Вагьабизмалъул тIолабго тарихго ккола лъугIи гьечIеб бидулаб нух. Гьелъие кьучI лъурав МухIаммад ибн ГIабдул-Вагьабица (1691-1786) нусгогIан сон бана. Исламияб дунял бикь-бикьизабизе гIураб заман буго гьеб.
МухIаммад ибн ГIабдул-Вагьабида релълъарал чагIи гьесда цереги рукIана, амма рикь-рикьизариялъул идеология тIибитIизабизе гьесие гIадин квегIенал, санагIатал ресал батIиязе киданиги щун рукIинчIо. Селим-Хан Лъабабилесул заманалда, гIусманиязул халипат загIиплъи ва ингилисазул колониялияб политика цебетIей - гьеле 18-абилеб гIасруялда вагьабизмалъул идеология бижиялъе ва цебетIеялъе аслияб гIилла.
Гьеб заманалда Лондоналъ гIезегIан щулиял галаби тIамун рукIана исламияб дунял бикь-бикьизабиялъе. Масала, хIадур гьарун рукIана Къуръанги, гIараб, турк ва перс мацIазда эрекенго кIалъазеги лъалев щуазаргоялдаса цIикIкIун агент. Амма гьеб букIана цебе лъураб планалъул цо гьитIинабго бутIа. КъваригIун букIана бикь-бикьизабиялъул идеология ва гьеб гIадамазулъ тIибитIизабизе бажарулев цевехъан. Гьеб кIиябго данделъана МухIаммад ибн ГIабдул-Вагьабида жаниб. Гьеб мехалда Лондоналда гIуцIун букIана колониязда хурхарал ишазул рахъалъ министерство. Гьеб министерствабазул батIи-батIиял пачалихъазде ритIулел жасусазда гьоркьов вукIана Хемпер абурав чи. Гьес Басраялъул Неджалдаса МухIаммад гуккана ва жиндехунго вуссинавуна. Чанго соналъ макруял хIаялги гьарун, гIуцIана вагьабизмалъул секта. Рехсараб министерствоялъул буюрухъалдалъун, Мисриялда (Египет), ГIиракъалда, Ираналда, ХIижазалда ва Централияб Халифаталда (доб заманалда Стамбул) жасусаз хIалтIи гьабулеб букIана.
Жидеда кверщел гьабуразда данде рахъунел рукIарал гIараб пачалихъазда гьоркьоб цолъи хвезабиялъе гIоло, 18-абилеб гIасруялда ингилисаз гIуцIараб вагьабизм цебетIелинго кколеб букIинчIо.
Амма исламалъул лозунгазда нахъа бахчулеб, бакътIерхьул специалистазул кумекалдалъун загьирлъараб, бищунго церетIурал технологиялги ва гьездаго цадахъ бищунго бецIал ва некIсиял рухIиялгун психотехникиял ишал хIалтIизарулеб гьаб заманалъул диниябгун политикияб экстремизмалъ гьеб иш рагIалде бахъинабулеб буго.
Ислам тIагIинабизе тушбабаз кигIан хIаракат бахъулеб бугониги, ТIадегIанав Аллагьасул нур свинабизе гьезда кIвезе гьечIо. Хирияб Къуръаналъул «Юсуф» сураялъул 12-абилеб ва 6-абилеб аятазда, гьединго, «Аль-Хиджр» сураялъул 9-абилеб аяталда абун бугелъул БетIергьан Аллагьас: «Гьаб Къуръан битIун буго дуе Дица. Гьайгьай, Дица гьеб цIунизеги буго», - ян. Капурзабазда кIвезе гьечIо гьелъие зиян гьабизе, гьелда хъвараб хисизабизе, ай Аллагьас абун бугелъул киданиги кIвезе гьечIин гьелъул канлъи свинабизе. 14 къарнуялъ бусурбабаз жигар бахъулеб буго бацIцIадаб Къуръаналъул нухда, гIелмуялъулъ, хьвада-чIвадиялъулъ, техникаялъулъ, искусствоялъулъ, даран-базаралъулъ, политикаялъулъ бергьенлъаби росулаго, церетIурал пачалихъал гIуцIулаго. Щайгурелъул исламалъ малъула дунявиял ишал гьаризеги, хIалтIизеги ва церетIезеги.
Бусурбанчи ккола дунялалда рекъел цIуниялъулъ бищунго цIакъ жинда божизе бегьулев вакил. ТIадегIанав Аллагьас хирияб Къуръаналда абун буго бусурбабаз гIадамазда бихьизабизе кколин рекъел, лъикIлъи ва вацазулаб рокьи. Исламалъул адаб-хасияталъул аслу ракIбухIи, сахаватлъи, къасдал лъикIал рукIин, гIадамазул хIурмат гьаби, тIасалъугьин ва рекъел кколеблъи.
(Хадусеб букIине буго)