Аслияб гьумералде

Баркала имамзабазе

Баркала имамзабазе

Баркала имамзабазе

Ассаламу гIалайкум, хIурматиял «Ас-салам» казият цIалулел! Дун ккола Казбек районалъул Дилим росулъа МухIаммадов МухIаммад Иразханович. ГьабсагIат дица гIахьаллъи гьабулеб буго СВОялда, нижеего бокьун аразул «Каспий» абураб батальоналда.

 

Нижер батальоналда хъулухъ гьабулел ругезул цIаралдасан, гьединго, дирго рахъалдасан бокьун буго ракI-ракIалалъулаб баркала кьезе Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандие. Баркала буго Луганск областалъул Счастье абураб шагьаралде, нижехъе гьоболлъухъе рачIун рукIарал Дагъистаналдаса имамзабазе ва ЛНРалъул муфтиясе.

Бищунго захIматаб хIалалда ниж рукIаго, рагъуе къуват щвезе, тирха-кIичи цIикIкIиналъе сабаблъун ратана нижее гьел имамзаби. «Каспиялъул» тIолалго рагъухъабазул рахъалдасан ракI-ракIалъулаб баркала загьир гьабулеб буго бищунго захIматаб заманалда нижее хIалае ратарал ва рухIияб къуват кьурал Дагъистаналъул муфтияталъул вакилзабазе!

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...