Аслияб гьумералде

Хасало иммунитет кин цIунулеб?

Хасало иммунитет кин цIунулеб?

Хасало иммунитет кин цIунулеб?

Нилъеда хасало бицунеб рагIула ва бихьула иммунитет дагьлъулеблъи ва гьеб сабаблъун батIи-батIиял унтабаз чи унтула. Гьединго гьеб заманаялъ чи вечIаравлъун лъугьуна, кидаго кьижизе бокьула.

 

Гьеб кинабго гIемерисеб мехалъ нилъер иммунитеталда бараб буго. Инсанас унтаби заманалда сах гьаризе ккола нахъбахъичIого. Жиндаго хадуб тIалаб гьабила ва худув чIела. Щайин абуни чIахIиял тохтурзабазул рагIи буго дару гьабиялдаса жиндаго хадув чIун тIалаб гьабун черх лъикIаб куцалъ чIезаби лъикIаб бугин. Щайгурелъул гьелъ черх цIунула ва черх тIубанго хвезе биччаларо. Хасел тIаде щолеб мехалъ нилъеца черхалъул иммунитет щула гьабизе ккола. Иммунитет нилъер черхалъул цIуни ккола. Тохтурзабаз нилъее насихIат гьабула жиндир заманалда квешал унтаби сах гьареян. Цо-цоял ахирисел къояз чара бухIидал рачIуна тохтурасухъе жив хвасар гьавеян.

Хасало инсанасе риидал щолел рукIарал пихъ-мичIал щоларо, гьелъ черхалда жаниб витаминал дагьлъула ва гьелдаго цадахъ иммунитетги. Гьединго хасало бакъалъул хинлъи щоларо, хас гьабун гьелъул ультрафиолетовый компонент. Гьеб гIечIого Д3 витамин дагьлъула, гьеб витамин къварагIула клеткабазул кальций лъикI хIалтIизе. Хасало чияс щиб гьабизе кколеб черхалъул хIал лъикI букIине?

ТIоцебе гьабун жиндир заманалда кIванагIан квешал унтаби нахъ бахъун течIого сах гьарила. Заманалда кьижи иммунитеталъе кIудияб кумекчилъун ккола. Гьанже нилъер заманаялъ хухго кьижулев чи цIакъ дагь гурони ратулел гьечIо. КватIун кьижиялъ нилъ ричIазарула. Гьединго тохтурзабаз абула кьижулеб бакIалда канлъи букIине бегьуларин, бецIго букIине кколин. Гьединго бацIцIадаб гьава букIине ккола кьижулеб рукъалда жаниб. Ццидахиналъ (стресс) нилъер иммунитет загIип гьабула. Гьединав чиясе лъикIаб буго рахIат гьабизе, къватIив вахъине тира-сверун зарядка гьабизе. Вилъанхъизе цIакъ черхалъе пайдаяб буго, хIатта хасалоги. Гьединго хинаб ретIел ретIине ккола. Дица цо-цо рихьула хвачараб заманаялъ тIеренаб жо ретIун хьвадулел гIолохъаби. Жакъа кьабичIони метер гьелъ черхалда кьабула. ГIолохъанго ругилан абун гуккизе чIоге. Хасго хаслихълъи хасало тIаде щвезегIан нилъеца хинлъун бугилан абун тIадагьго ретIун хьвадула. Гьединго чияс тезе ккола квешал хасиятал масала гьекъей гIадаб, сигарет бухIи ва гьелда релъарал жал. Гьелъги иммунитет чIвала. Витаминал гьекъоге гIемер, рекъараб къадаралъ гьекъе, пихъ-мичI кванай гIураб къадаралъ. ЦIикIкIун кванаялъ аллергия багъаризабизе рес буго, цо-цо мехалъ заралги гьабула. Кин бугониги чи унтарав мехалъ жинцаго лъаларел жал гьарун дараби гьаризе лъугьине бегьуларо. КIванагIан хасго унти бугеб мехалъ нилъ махщел бугев тохтурасухъе ине ккола. Кидаго рекъараб къагIидаялъ кваназе ккола(питание). Мунго вугев бакIалда жиндир заманаялъул пихъ-мичI, тIорщел кваназе ккола. Гьединго ччугIа ва гьан кванала. Хасалихълъи ккола хасало тIаде щвезегIан черхалъе витаминал гIезаризе лъикIаб заман. ЛъикIаб буго ллъим хазе гьелда тIадчIезе. Щибаб радал беццараб буго цин цIорораб хадуб хинаб лъеца черх чурун ругьунлъизабизе (контрастный душ). Гьединго чиясда лъазе ккола бахунеб унтиялъ унтун ватани рокъов чIезе лъазе, цогидазе зарал гьабичIого букIине.

 

Шамил МухIаммадов

2026-09-01 (РабигIул аввал 1448 с) №17.


Кин цIуни гьабилеб?

Адамил лъимер битIараб нухдаса къосинабизе, квешаб гIамал гьабизе гьесизабизе кидаго хIаракат бахъула иблисалъ. Гьелдаса цIунизе инсанасе бищун кумек гьабула Аллагьасдаса ﷻ кумек тIалаб гьабиялъ.   Гьедин гьабейин Къуръаналда абулебги буго (магIна): «…рахIматалдаса бачахъараб...


«Ас-саламалъул» мажлис

Каспийск шагьаралда тӀобитӀана «Ас-салам» газета цӀалулезулгун дандчӀвай. Гьеб тадбирги тIобитIана баракатаб рабигIул аввал моцӀалъул хIурматалда. «Ас-салам» ккола тIолабго улкаялда ва гьеб бахун къватIибги лъалеб басма. Гьединлъидал гьелдехун гьабулеб бербалагьиги букIуна...


Пашманлъи тIаса инабулеб

ТIадегIанав Аллагьас инсанияталъе гIемерал нигIматал рижун руго. Хирияб Къуръаналда хъван буго (магIна): «Гьев инсан кин валагьуларев Аллагьас ﷻ жиндие ризкъилъун кьун бугеб батIи-батIияб тIагIамалде». (Сура «ГIабаса», 24 аят).   Гьел нигIматазул цояб ккола хъабахъ....


БацIцIадаб гIоралда релъараб

Как буго диналъул кьучI ва аслу. Как тарав чиясул дин биххулин абун буго хIадисалдаги. Гьелъул магIна ккола диналъул щулалъи какалда бараб букIунин.   Бусурбанчияс кIвар кьезе ккола какалде. Гьелъул кIвар бицана хIадисалъги: «Дуда лъай, ишазул бищун лъикIаб как бугеблъи...»...


Суал-жаваб

Насвай хIалтIизабун хадуб кIалги ххуличIого ялъуни гьебги чвантиниб лъун бараб как рикIкIунищ? Лъалеб жо буго хъалияналъги, насваялъги ва гьелда релълъарал цогидал жалазги чорхое зарал гьабулеблъи. Гьел жал хIалтIизариги шаригIаталда мунагьлъун рикIкIуна. Пуланав чи ватани гьединал жалаздаса...