Аслияб гьумералде

ХвезегIан хьитал ретIинчIев

ХвезегIан хьитал ретIинчIев

ЦIар рагIарав гIалимчи Ибрагьим ХIарбияс бицана Бишр бин ХIарисияс абулеб рагIанин: «Нилъедаса ратIаралъарал цо-цо чагIи ракIалде щведал, ракIал чIаголъун рачIуна. Амма руго цо-цо чагIи жал рихьидал гIадамазул ракIал холел», - ян.

 

Гьаб макъалаялда бицен гьабизе бугевги ккола Бишр бин ХIариси, жив ракIалде щведал, гIадамазул ракIал чIаголъулезул цояв. 

Гьев гьавуна Багъдадалда гьижрияб 150-абилеб соналъ. Гьесул кIудияв эмен ГIабдурахIманица ислам босана ГIали-асхIабасдасан. Бишр бин ХIарис цIалана Багъдадалъул гIемерал гIалимзабазда цеве.

ГIолохъанаб мехалда гьес абизегIанасеб ургъел гьечIеб гIумру гьабулеб букIана. Амма цо къоялъ гьесда бихьула чороклъи бугеб бакIалде рехараб, Аллагьасул цIар тIад хъвараб, ххамил кесек. Зобалаздеги валагьун, гьес абула: «Я, БетIергьан, Дур цIар гьаниб рехун бугоха», - ян. Гьес ххам нахъе босула, чурула, берцинаб махIги гьабун, бацIцIадаб бакIалда лъола. Гьеб сордоялъ гьесда макьилъ лъицаялиго абула: «Бишр, дуца Дир цIар бацIцIад гьабуна, Дицаги мун кIиябго дунялалда вацIцIад гьавила», - ян. Гьеб лъугьа-бахъиналдаса хадуб гьев ТIадегIанав Аллагьасде ﷻ вуссана ва ритIухъав чилъун лъугьана.

Цо къоялъ гьесда макьилъ Авараг ﷺ вихьула ва абула: «Я, Бишр, лъалищ дуда щай Аллагьас мун тIадегIан гьавурав?» - ян. Бишрица жаваб кьола: «Лъаларо, я Аллагьасул Расул ﷺ», - ян. Аварагас ﷺ абула: «Дир суннаталда нахъвилълъиналъе гIоло, гьединго, дуца ритIухъал чагIазе гьабураб хъулухъалъухъ ва дурго диналъул вацазе гьарурал насихIатазе гIоло, дир агьлуялде ва асхIабзабазде бугеб дур рокьи сабаблъиялъ», - ян.

Цо нухалъ гьев хьитал гьарулев чиясухъе вачIуна ва гьарула пуланаб рачел кьеян. Доб къоялъ хьитал гьарулев чи ццим бахъун вукIуна ва гьес Бишридаги абула: «Дудаса гIадамазе бугеб къварилъиго щиб», - ян.  Бишрица, кодоб букIараб цояб хьит гIодобе рехула ва цогидабги бахъун гьедула, киданиги ретIине гьечIилан. ХIакъикъаталдаги гьес хвезегIан хьитал ретIичIо. Гьединлъидалин гьесда абулебги букIараб ХIафи, ай «гIицIцIал хIатIазда хьвадулев чи» абун.

Ибрагьим ХIарбияс гьесул хIакъалъулъ абуна: «Багъдадалда вукIинчIо Бишридаса цIикIкIун тIубараб гIакълуялъул бетIергьан яги мацI цIунулев чи. Киданиги рагIичIо гьес бугьтан лъунин абураб жо», - ян. 

Имам АхIмад бин ХIанбалица абуна: «Амир бин ГIабдулкъайси гурони гьесда релълъарав чи тIокIав вукIинчIо», - ян.

АсхIабзабаздаса ва хадусел гIелазул вализабаздаса мисалги босун гьев киданиги кваначIо гIорцIизегIан. Бишрица абулаан: «Ракъиялъ ракI бацIцIад гьабула, ракъиялдалъун гIелму щола», - ян. 

Пуланаб къоялъ Бишр бин ХIарисги гьесул гьалмагъги цо гъуялде аскIоре щола. Гьеб мехалда гьалмагъасе лъим гьекъезе бокьула, амма Бишрица гьев виччаларо: «Хадусеб гъуялде щвезегIан сабру гьабе», - ян абула. Лъабго гъуй нахъа таниги, Бишрица гьесда абулеб букIуна хадусеб гъуялде щвезегIан сабру гьабеян. Гьеб мехалда гьалмагъас абула: «Я Абу Наср, дун кутакалда къечон вуго», - ян. Бишрица абула: «ВуцIцIун чIа! Гьадин ратIалъула нилъ дунялалдаса», - ян.

Цо къоялъ Бишр гьудуласухъ гьоболлъухъ вукIаго, вачIун цояс Бишрил гьудуласе чамасдакIал кьола. Дос Бишриеги кьола. Бишрица гьел кодоре росула ва абула: «Дие Аллагьасукьа ﷻ нечезе заман щвана. Дица гьаб халкъалда цебе кваналеб гьечIо, гьединлъидал, дунго вугеб мехалъ гьеб балъго кваназейищ бугеб?» - ян.

Халкъалда гьоркьоб гьесул букIана кIудияб адаб-хIурмат, амма живго гьелъие мустахIикъавлъун рикIкIунароан. Гьев цIакъ хIинкъун вукIунаан Къиямасеб къоялъ жив Аллагьас ﷻ халкъалда цеве суризавизе гурилан.

Гьес абулаан: «Дунялалъул магIишаталда хадув лъугьарав чи хIадурго вукIана гIодовегIанлъизе», - ян.

Бишрица абуна: «Аллагьас дун дунялалда машгьур гьавуна, амма хIинкъун вуго Къиямасеб къоялъ Аллагьас дун халкъалда цеве къватIив чIвазавиялдаса. Дир хьвада-чIвадиялъул сурукълъиго щиб? ГIадамазул дидехун лъикIаб пикру буго, дун гьединав гьечIониги. Дие рекъола жеги лъикI вукIине. Дие хвезе бокьун гьечIо, хвезе бокьуларо щаклъи бугев чиясе. Амма дун щакдарулездасан гьечIеб мехалда, щайха дие хвезе бокьулареб?» - ан.

Цоги абулаан: «Муъминчиясе лъикIаб буго гьесул хIакъалъулъ гIадамазда лъалареб мехалда», - ян.

Гьединго абулаан: «Жиндир хIакъалъулъ гIадамазда лъазе бокьарав чиясда ахираталда гьуинлъи батизе гьечIо», - ян.

Гьес Аллагьасда ﷻ гьарулеб букIана: «Я Аллагь, дуца дун дунялалда машгьур гьавуге ахираталда суризавизелъун», - ян.

Бишрил ХIарисил яц хведал, гьес абула: «Аллагьасе ﷻ гIибадат гьабиялъулъ лагъас гъалатIал риччараб мехалда, Аллагьас ﷻ гьесие вокьулев чи нахъе вачуна», - ян.

Бишр бин ХIарисица абуна: «ХIежалдаса ва жигьадалдаса садакъа лъикIаб буго, хIежалде яги жигьадалде унев чи киназдаго вихьула, амма садакъа гьес балъго кьола, Аллагьасда гурони гьеб лъиданиги бихьуларо», - ян.

Бишр бин ХIарис Аллагьасул къадаралде щвана гьижрияб 227-абилеб соналъул рабигIул аввал моцIалъ, 75 сонил ригьалда.

Цо чиясда Бишр макьилъ вихьула ва гьесда гьикъула: «Щиб дуе Аллагьас ﷻ гьабураб?» - илан. Гьес жаваб кьола: «Аллагь дида тIаса лъугьана ва бащдаб Алжан хIалалги гьабуна», - ян.

Цогидав чиясда гьев макьилъ вихьидал гьикъула: «Аллагьас ﷻ дуе щиб гьабураб?»- илан. Бишрица абула: «Аллагь ﷻ дида тIаса лъугьана, гьединго, тIаса лъугьана ахираб сапаралъ дун тIовитIаравщинасдаса ва Къиямасеб къо щвезегIан дун вокьаралщиназдаса», - ян.

 

МухIаммаднаби АхIмаев

2026-08-01 (Сафар 1448 с.) №15.


БагIараб пилпил

БагIараб пилпилалъулъ букIуна капсаицин абураб жо. Гьеб сабаблъун букIуна кIал бухIизабулеб тIагIамги. ГIалимзабаз цIех-рех гьабуна капсаициналъ инсанасул черхалъе гьабулеб асаралъул.   Чакрил унтиялъе гьабулеб асар Капсаициналъ кумек гьабулеб батана чорхолъа цIикIкIун инсулин бахъизе. Цо...


Ургъел щай гьабулеб?

Гьаб заман буго ургъалаби гIемераб. Гьедин бугин абун, нилъ рукIине бегьуларо кидаго рахIатхун. Кинаб хIалалде кканиги, ТIадегIанав Аллагьас ﷻ кумек гьабула. Гьес ﷻ нилъ рехун толаро. Гьес ﷻ нилъее кьун буго хирияб Къуръан ракIалъе сахлъи гьабулеб ва тун руго рикIкIен гIемерал насихIатал хьул...


Казияталдасан пайда щвана

ГъазМухIаммадов Жамалудин ккола Хунзахъ районалъул Харахьи росулъа. ЦIалана экономистасул махщалие. ХIалтIана батIи-батIиял идарабазда бухгалтерлъун. ГьабсагIаталда гIумру гьабун вуго ЦIияб Хушет поселокалда. Кидаго букIана спорталъулгун щулияб гьудуллъи. Гьанже нахъацин гIолохъабазда кIоларел...


Хирияв Аварагасул ﷺ шамаилал

Шамаил абураб рагIи хIалтIизабула Аварагасул ﷺ берцинал тIабигIатазул бицен гьабулеб мехалда. Гьединго, гьесул ﷺ гIумру ва ахIвал-хIал рехсолеб мехалдаги. Гьединлъидал Аварагасул ﷺ цо-цо ахIвал-хIалал рехселин.   Аварагасул ﷺ рас букIана берцинаб ва дагьабго кьурараб, цIакъго кьурараб ва...


Хварал нухда регIулев

«Хвел-хоб кIочараб, къойил холел гIадамазул хабар рагIаниги нилъго хвелин ракIалдецин кколареб гIажаибаб дунял бачIун буго». Гьединал пикрабазда вукIаго, ракIалде бачIана хварал чагIи чурулев чиясулгун гара-чIвари гьабизе лъикI букIинаанин абураб пикру. ЦIех-рех гьабулаго, гьединав чи...