Аслияб гьумералде

ГӀабдурахӀман ас-Суфи

ГӀабдурахӀман ас-Суфи

Астрономия ккола гӀемерал хӀужаби рагьулеб гӀелму. ГӀабдурахӀман ас-Суфияс гIемераб хIалтIи гьабуна астрономия цебетӀеялъе.

 

903 соналъ Ираналда гьавурав ас-Суфияс гӀумру гьабуна амир ГӀабдулагьил заманалда ва лъугьана жиндир заманалъул бищунго лъикӀал исламиял астрономазул цоявлъун, нилъее гӀасрабаз цIунараб ирсги нахъе тана.

ЦӀвабзазул ва дунялалъул цӀех-рехаздалъун ас-Суфица нахъчӀвана некӀсиял греказул гӀемерал мекъал рагӀаби, жиндирго баянал данде гьарун 964 соналда къватӀибе биччана «ЧӀчIарал цӀвабзазул тӀехь».

Гьеб тӀехьалда гӀалимчияс рехсана азаргоялдаса цӀикӀкӀун цӀвабзазул координатал, гьединго, бицана цӀвабзазе хасиятал кьеразул ва хӀисаб гьабуна гьезул кӀодолъиялъулгун гвангъиялъул.

Ас-Суфиясул бищунго гӀажаиблъизарулел гIелмиял рагьиязул цояблъун букӀана Йеменалъул цо-цо бакӀазда бихьулеб КӀудияб Магелланил накӀкӀ (Большое Магелланово Облако) галактика лъазаби ва загьир гьаби, Европаялъул гӀалимзабаз гьеб букӀин XVI гӀасруялда гурони тасдикъ гьабичӀониги.

Гьес рагьана ва сипат гьабуна Андромедаялъул галактикаялъе, гьелда ГьитӀинаб накӀкӀилан абун цIарги кьун.

Ас-Суфияс гьаруна гӀемерал цогидалги гIелмиял рагьиял, гьезда гьоркьоб буго тропикияб соналъул халалъиялъул хӀисаб гьабиги. Гьес гьарурал гӀемерал гIелмиял хIалбихьияз абадиялъго хисизабуна нилъер дунялалдехун бугеб бербалагьи. Гьесул хӀалтӀиялъ кьучӀ лъуна хадусел астрономиял цӀех-рехазе, гьесул асарал лъугьана кIвар бугеллъун.

ГӀарабазул астрономазда, греказул астрономиялдаса ва некӀсиял Вавилоналъул мифаздаса пайдаги босун, кӀвана гӀемерал зобалъулал объектал ратизе.

 

Ас-Суфиясул цӀвабзазул каталогал

ЦӀвабзазул хӀакъалъулъ биценал рукӀана гӀараб астрономазул зобалазул объектал лъазаризе алат хӀисабалда.

Живго Ас-Суфи, Магърибалда Азофи абун машгьурлъун вукIарав, гьев вукӀана X гӀасруялъул персазул астрономлъун, гьес нухмалъи гьабулаан Ширазалда бугеб обсерваториялъе ва лъазарулел рукIана греказул астроном Клавдий Птолемейил хӀалтӀаби.

Птолемейица гӀумру гьабуна ас-Суфидаса микьнусго соналъ цебе ва гьес хъвана Syntaxis Mathematica абураб кӀвар бугеб асар, 48 цӀвабзазул созвездиялда жаниб азаргоялдаса цӀикӀкӀун цӀвабзазул сипат-сурат гьабураб.

Ас-Суфица ритӀизаруна ва мухӀкан гьаруна Птолемейил цо-цо халгьабиял, гьел VIII ва IX гӀасрабазда гӀараб мацӀалде руссинаруна «Аль-Мажисти» («Бищунго кӀудияв») абураб асаралъул хIалтIиялда жаниб.

Жиндирго «Китаб аль-Кавакиб аль-Сабит» абураб асаралда хӀалтӀизарун руго Птолемейил суратал, масала, КӀудияб циялъе ци (как медведь для Большой Медведицы) ва гъалбацI, гьелъул созвездиялъе.

Гьесул суратазда гьоркьор руго «Аль-Маръатул Муссалсала», ай «рахсаз ккурай чӀужугӀадан» абураб магӀнаялъул, Андромедаялъул цӀвабзазул кьерал (созвездиялъе) ва «Фам аль-Хут» («Киталъул кӀал») цӀвабзазул кьерал «Созвездие южной рыбы» абураб.

ГӀасрабазда жаниб ГӀабдурахӀман ас-Суфиясул асарал рукӀана цӀвабзазул кьерал ричӀчӀиялъе (созвездиял) сурсатлъун ва цӀунана Птолемейил цӀех-рехалъулал бергьенлъаби хадусел гӀалимзабазе.

Гьесул «Китаб ал-Кавакиб» абураб тIехьалъул бищунго машгьураб некӀсияб копия гьесул васас гьабун букӀана гӀага-шагарго 1010 соналда ва гьанже гьеб цӀунун буго Оксфордалъул университеталъул Бодлейил библиотекаялда.

XII гӀасруялда гӀараб текстал латин мацӀалде руссинарулаго, гӀемерал цӀарал хисана. Мисалалъе, Эриданус абураб цӀвабзазул кьерда бищунго гвангъараб Ачернар абураб цӀва бачӀунеб букIана гӀараб мацӀалда «Ахир ан-Нагьр» абураб рагӀудаса. Гьелъул магӀнаги ккола «гӀурул ахир» абураб.

Цебе заманалда гӀалимзабаз хӀалтӀизарулел рукӀарал батӀи-батӀиял цӀарал гӀуцӀун руго латин, грек ва гӀараб рагӀабаздаса. Хадубккунги астрономиялъул гIелмиял рагьиязе нух рагьараб ас-Суфил цӀвабзазул каталогалъ хадусеб гӀелалъул астрономазе кумек букIине буго.

 

ХIамид МухIаммадов

2026-09-01 (РабигIул аввал 1448 с) №17.


Хъизан цIуне

Хъизан гьаби ккола ТIадегIанав Аллагьасда цебе кIудияб жавабчилъи. Нилъеца хъизан гIуцIула Аллагьасул амруялдалъун ва Аварагасул ﷺ суннаталдалъун, гьединлъидал, нилъеца хIаракат бахъизе ккола диналъ малъараб куцалда хъизамалда гIумру гьабизе.   Квеш ккараб жо, жакъа гIемерал хъизамал...


Аварагасул ﷺ ирсилазул цояв

(Байбихьи цересел номералда)   Гьелдаса хадуб рагьун дин биччазегIан гьев мубарак жиндирго цIулал хIалтIиги гьабун гIадамазда гьоркьов гIадатияв чилъун вукIун вуго. Дагъистаналде зияраталъ вачIанщинахъе гьес рещтIен гьабулеб букIун буго ХасмухIаммад-хIажиясухъ. Гьесул гIумрудул цIех-рех...


Курми росдал къо

Курми росулъ тӀобитӀана росдал къоялда хурхун байрамалъулаб тадбир. Гьеб къоялъул аслияб лъугьа-бахъинлъун букӀана щивав чияс жидерго къуват, гьунар, бергьенлъи босизе бугеб гъира бихьизабизе рес кьураб спортивияб къец. Гьелдаса хадуб киналго гьалбал кваназаруна ва цо-цо церехъабазе кьуна...


Тафсир агьлуялъул маяк

Имамзабазул, хасго чIахIиял гIалимзабазул къимат лъала гьезул таржама гъваридго лъазабидал. Гьелдаго цадахъ имам вокьизеги вокьула. Амма лъаларев чи вокьизе кIоларо. Аварагас ﷺ абухъе, гIалимзаби ккола гьесул ирисилал. Щайгурелъул, Аварагас ﷺ жинда хадуб тола гIелму. Гьел ккола гьеб ирс босулел ва...


ХIалтIи лъикI букIине

Гьабулеб хIалтIи-пиша лъикI букIине (баракат) бокьарас тIадчIей гьабила щуго жоялда.   ХIалтIи сабаблъун Аллагьас ﷻ тIадкъарал жал нахърахъуге ва кIарчанлъиги гьабуге. Жиндир заманалда тIадкъарал жал тIурани, хайир батила. ХIалтIи сабаблъун Аллагьасул ﷻ махлукъат хIакъир гьабуге. Нилъер...