Аслияб гьумералде

Аварагасухъе ﷺ зиярат

Аварагасухъе ﷺ зиярат

Аварагасухъе ﷺ зиярат

Хирияв Аварагасул ﷺ хабаде зиярат гьаби ккола нилъ Аллагьасде ﷻ гIагар гьарулел бищунго хириял гIамалазул цояб. Гьеб хирияб букIиналъул хIакъалъулъ бачIана Къуръанги, хIадисги, къиясги, ижмагIги.

 

ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ Къуръаналда буго гьадинаб магIнаялъул аят: «Гьез жидерго напсазе зулму гьабун хадуб дуда аскIоре рачIун, цинги жидеца мунагьал чуриги тIалаб гьабун, Расуласги гьесул мунагьал чуреян гьарун букIарабани, гьезда Аллагь ватилаан цIакъ тавбу къабул гьабулевлъун» (сура «ан-Нисаъ», 64 аят). Гьаб хирияб аяталда ТIадегIанав Аллагьас ﷻ тавбу къабул гьабиялъеги, Живго гурхIиялъеги шартIлъун гьабулеб буго хирияв Аварагасда ﷺ аскIоре рачIинги (батIалъи гьечIо, гьев чIаго вукIараб мехалъ рачIаралги, хун хадур рачIаралги) Аллагьасдаса ﷻ мунагьал чури тIалаб гьабиги, Расулас ﷺ нилъер мунагьал чуреян гьариги.

Хирияв Аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «Щив чи вугониги, хIежги гьабун дихъе зияраталъ вачIинчIев, гьес дидехун хъачIаб бербалагьи гьабуна», - ян. Аллагь ﷻ разилъаяв ибну ХIажарас хIадисазул хIасилги гьабун абун буго: «ХIежги гьабун Аварагасде ﷺ зиярат гьабичIев чи ккола жив къосаравги, Аллагьас ﷻ хIакъир гьавуравги, цIадуе мустахIикъавги. Аллагьгун ﷻ Аварагасдаса ﷺ рикIкIалъаравги, ЖабрагIил малаикасги, нилъер Аварагасги ﷺ гьалаглъагиян жиндие дугIа гьабуравги, алжаналъул нухдаса ватIалъаравги, къарумавги, диникъавги, хирияв Аварагасул ﷺ гьумер бихьуларевги», - ян.

Хадубго, ибну ХIажарас абун буго: «Цебе заманалда хIежги гьабун Аварагасухъе ﷺ зияратги гьабичIого цояв вачIани, гьев чиясе гьеб жо тIаса унареб рогьолъунги ничлъунги букIунаан. Гьеб нич тIаса рехизелъун гьев чияс цIидасан хадусел соназ хIеж борхулаан», - абун.

Хирияв аварагасухъе ﷺ зиярат гьабичIого тIадвуссарав чи бусурбабаз хIажичилъун рикIкIунароан, гьесда цадахъ гIодор чIолароан. Гьес гьеб рогьо кIиабизеги хIежалдеги ун, зияратги гьабун, тIаса рехун гурони. Гьединлъидал, цо-цо гIалимзабаз зиярат гьаби тIадаблъунцин гьабулеб буго. Амма суннатаб букIиналдайин абуни, тIад рагIи абулел, ункъабго мазгьабалъул хIакъикъиял гIалимзабазда гьоркьор цонигиял гьечIо.

Хирияб хIадисалда буго: «Дир хабаде жинца зиярат гьабурав чиясе дир шафагIат тIалъана», - ян (Байгьакъи).

Аллагьас ﷻ насиб гьабеги щивав бусурбанчиясе Аварагсул ﷺ шафагIат. Амин!

 

МухIаммад ГIабасов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...