Аслияб гьумералде

ЦIалдолезул пикраби

ЦIалдолезул пикраби

Газеталъул ахирисеб номералда кьун букIана «Рамазаналде кин хIадурулел ругел нуж?» - абураб суал. Гьелъие рачIарал жавабал кьолел руго гъоркьехун.

  • Ният буго хIалкIвараб гIибадат гьабизе. Аллагьас кумек гьабегиха.
  • Ният буго мискин-пакъирасе садакъа кьезе, гIибадат цIикIкIун гьабизе, МухIаммадил ﷺ умматалдасанго зикру бачине, салават битIизе, хасго эбелинсудасан. ДугIа гIемер гьабизе буго рагъ-кьалалдаса нилъер ватIанги цIунеян.

Хадусеб номералъе суал

«ГIаммал фтIарал гIуцIиялда жанир кинал пайдаби нужеда халлъулел?»
  • Ният буго Къуръан цӀалун бажарараб лъикӀаб гӀамал гьабизе. Аллагьас къуват кьеги лъикӀаб кквезе, квешаб тезе. Аллагьас къабул гьабеги гьабураб лъикӀаб гӀамал киназулго ва тавпикъги кьеги Аллагь разияб хӀалалда хьвадизе.
  • Рамазаналде хIадурлъизе байбихьизе ккола цебесеб рамазан моцI лъугIидалго. Иман загIипаб букIиналъ бажарулеб гьечIо. ЛъабмоцIил кIалал кквелинги йикIуна щибаб соналъ, гьебги киналго ккун рагIалде бахъунаро. ГIицIго рамазан моцIалъ гIибадаталда тIадчIун, Аллагьасе ﷻ дугIа-алхIам гьабизе гьарулел хIалтIаби дагь гьарун, заман эркен гьабизе ккела. Аллагьас тавпикъ кьеги.
  • РакI-ракIалъулаб тавбу гьабун хIадурлъулев вуго. Рамазан байбихьизе чанго къо хутIидал, дир гIадат буго хIижама гьабизе унев. Гьеб кIиялъго къватIисан ва жанисан вацIцIад гьавун, рамазаналде хIадурлъула.
  • Рамазан моцIалде щвезегIан чIаго хутIагиян гIемер дугIа гьабула. Дида рагIун букIана цере арал салафуназ рамазан бачIинегIан анлъго моцIалъ гьарулеб букIанин рамазаналде щвезегIан гIумру кьеян. Аллагьас къабул гьабеги.
  • РакI бохулеб буго гьеб баракатаб моцI тIаде гIагарлъулеб букIиналъ. Бусурбабазе гьеб моцI тIаде щвей Аллагьасул рахъалдасан бугеб рахIму-цIоб буго. Рамазан буго баракат жиндилъ цIикIкIараб моцI. Гьеб моцIалъ алжаналъул каваби рагьула ва жужахIалъул каваби къала.
  • Дица гIемер Къуръан цIалула. Ва рамазан моцIалъ кIиго нухалъ Къуръан рагIалде щвезегIан цIалула.
  • Гьоркьиса кквечIого хутIарал кIалал рецIулев вуго. Рамазан моцI бачIинегIан гьел рецIичIони, щибаб кIал рикIкIун кафарат кьезе кколин абулеб рагIана. Жеги хIаракат бахъулеб буго хIажат гьечIеб калагь гьабунгутIизеги.
  • Дица рамазан моцIалда хурхарал суалал такрар гьарула. Масала, кIал сунца хвезабулеб, гьаризе лъикIал гьечIел жал ва гьединго рамазан гьаризе реццарал пишаби.
  • Рокъоса-гIебеде ругел хIалтIаби лъугIизарула, рамазан моцIалъ гьезде машгъуллъичIого йикIине.
  • Хъизан-агьлугун гIемер вукIуна. ГIисинал лъималазде бицуна кIал кквеялъул хиралъиялъул ва гьез кIалал ккуни, кIалбиччанкъоялъ гьезие лъикIал шапакъатал росула.
  • Чанго тIехь босула рамазан моцIалъ цIалун лъугIизаризе.
  • Ражаб-шагIбаналъул киналго кIалал ккола.
  • Рокъор ремонтал гьарун лъугIизарула.

ХIурматиял газета цIалулел! ХатIалъуларев инсан вукIунарелъул, бокьилаан газеталда ккараб гъалатI нижеда лъазабуни. Газеталда рорхизе бокьарал суалал, макъалаби, пикраби ратани гьаб 7 988 458 16 63 номералде ахIизе ва хъвазе бегьула.

ХIурматиял цIалдолел. Газеталъул щибаб номералда, «ЦIех-рех» абураб рубрикаялда гъоркь, нужее кьезе буго цо-цо суал. Гьелъие жаваб битIизе бегьула СМС хIисабалда гьаб номералде (ватцап): 7-988-458-16-63. Нужеца ритIарал жавабал рахъизе руго хадусеб номералда.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...