Аслияб гьумералде

ЦIалдолезул пикраби

ЦIалдолезул пикраби

Газеталъул ахирисеб номералда кьун букIана «Хасалил заманалда гьабулеб аслияб хIалтIи щиб букIунеб нужер?» - абураб суал. Гьелъие рачIарал жавабал кьолел руго гъоркьехун.

Риидал халат бахъинабула.

МагIарухъ вугони, ахикье хьвадула биххараб къед гьабизе.

БитIун бицани, гьединаб гIазуги хаселги щоларого буго ахираб заманалда.

Хадусеб номералъе суал «Нужее рохел сундалъун щолеб?»

Дир аслияб хIалтIи буго рукъзал рай. Хасало минабазда жаниб гьабулеб хIалтIи бокьула. Болъаби гьарула.

Мажгит-мадрасалда цIалула.

Чода рекIине хьвадула.

ХIамие хIалтIизе ккараб мехалъ хасел-рии абун батIалъиго букIунеб гьечIо. Гьелъул мисалалда вуго дунги, щибго хисараб жо гьечIого, цо къагIидаялъ хIалтIулев.

Хасало рокъоб гьабулеб хIалтIуе къвалал гурула. Лъимал-хъизамгун гIемераб мех бала.

ГIазу бугеб бакIалде хIухьбахъи гьабизе хьвадула гьудулзабигун.

Как-диналда тIад чIола. Къоял гьитIинал рукIиналъ кквезе ругел кIалал рецIула.

Хасало рогьалил какде ине цIакъ бигьаяб букIуна.

Хасел буго муъминчиясе цIакъаб заман, кIал кквезе гьитIинаб къо ва сардилъ вахъине лъикIаб заман.

ХIукуматалъул хIалтIуда вуго дун. Гьединлъидал батIияб жо гьабизе бажаруларо. Радал хIалтIуде, къаси рокъове.

ГIумру гьабун руго магIарухъ. Риидал-хасало батIалъи гьечIого хIалтIи камураб заман букIунаро.

Хасалил заман бокьула. Хасало эбел-эменгун цадахъ магIарухъе уна хIухьбахъи гьабизе. Гьоркьиса Домбаялдеги ун рукIана.

Риидал ччугIа кквезе хьвадула, хасало чанаве уна.

Хасало кьижун, кванан кьаралъун вукIуна. Гьавабакъ хинлъидал вахъуна хIалтIуде.

Хоккей хIазе уна гIолилалгун цадахъ.

ХIурматиял цIалдолел. Газеталъул щибаб номералда, «ЦIех-рех» абураб рубрикаялда гъоркь, нужее кьезе буго цо-цо суал. Гьелъие жаваб битIизе бегьула СМС хIисабалда гьаб номералде (ватцап): 7-988-458-16-63. Нужеца ритIарал жавабал рахъизе руго хадусеб номералда.

ХIурматиял газета цIалулел! ХатIалъуларев инсан вукIунарелъул, бокьилаан газеталда ккараб гъалатI нижеда лъазабуни. Газеталда рорхизе бокьарал суалал, макъалаби, пикраби ратани гьаб 7 988 458 16 63 номералде ахIизе ва хъвазе бегьула.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...