Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе
  1. Нилъер умматалда бищун гурхIулев щив вукIарав?

– Абубакар.

  1. ГIумар-асхIабасе «Фарукъ» абун кьураб цIаралъул магIна щиб?

– БитIараб ва тIекъаб батIа бахъизе лъалев.

  1. Аллагьас ﷻ абураб жоялъул цIикIкIун цIодорлъи ва хал гьабулев щив вукIарав?

– ГIумар-асхIаб.

  1. Бищун лъикI Къуръан цIалулев щив вукIарав?

–Убаю бин КагIб.

  1. Ирсалъул гIелму бищун лъикI лъалев щив вукIарав?

– Зайд бин Сабит.

  1. ХIалаллъи-хIарамлъиялъул суал лъикI лъалев щив вукIарав?

– МугIаз бин Жабал.

  1. Гьаб умматалъул насихIатчи щив вукIарав?

– Абу ГIубайд бин ЖаррахI.

  1. Меседищ яги маххищ цIикIкIун рехсараб?

– Месед.

  1. СиратI чан нухалъ рехсараб?

– 38 нухалъ.

  1. СалихI аварагасул цIар Къуръаналда чан нухалъ рехсараб?

– 9 нухалъ.

  1. Кив гIурав ГIиса авараг?

– Палестинаялда.

  1. МикагIил чан нухалъ рехсарав?

– 1 нухалъ.

  1. 40 сон базегIан кIиго аварагасе авараглъи кьуна, щал гьел?

– ЯхIя ва Юсуф.

  1. Къуръаналда гIемер рехсараб рикIкIен щиб?

– Цойилаб. 

  1. Бищун гIемер рехсарал хIарпал щал Къуръаналда?

– Алиф ва Лям.

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...