Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

– Имам Бухарил бищун машгьурав мутагIил щив?

– Имам Муслим.

– Имам Муслим кида гьавурав?

– 206 гьижрияб соналъ.

– Имам Бухари кида гьавурав?

– 194 гьижрияб соналъ.

– ГIакъидалъул машгьурав ва бергьарав кIиго гIалимчи щив?

– АбулхIасан алАшгIари ва имам Матуриди.

– «Аятул Муташабигьат» сунда абулеб?

– Гьел ккола Къуръаналъул аятал, жидеца баянго магIна кьолареб, гьелъул хIакъикъат Аллагьасда ﷻ лъала. Гъварилъуде вакки питнаги буго, Аллагьас ﷻ Къуръаналда абухъе.

– ГIиса авараг гьавидал гьесул тIоцебесеб калам кинаб букIараб?

– Дун Аллагьасул ﷻ лагъ вугин абураб.

– Муса аварагасул вазир щив вукIарав?

– Гьарун (сура «ТIагьа», аят 29).

– Къуръаналъул магIна щиб?

– «ЦIале» абураб.

– Бищун кьучIаб хIадисазул тIехь щиб?

– Бухари.

ШАМИЛ МУХIАММАДОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...