Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

1. Къуръаналъул тIогь щиб?

– Сура «ал-Бакъара».

2. Къуръаналда ругел хIарпазда тIад чан тIанкI бугеб?

– 1025030.

3. Какичури гьечIого Къуръан цIализе бегьулищ?

– Бегьула, Къуръаналда хъвалев гьечIони.

4. Черх чуризе ккарав чияс Къуръан ракIалдаса цIализе бегьулищ?

– Бегьула, кIутIбуца шуризабун цIалулеб гьечIебгIан заманалъ.

5. «ГIамаялъул» сураялда щиб пихъ рехсараб?

– ЦIибил.

6. Авараг r хьихьизе ячарай ХIалиматил росасда цIар щиб?

– ГIабдулгIизил вас ХIарис.

7. Кив гьавурав Билал асхIаб?

– Эфиопиялда.

8. Риччан тарал лагъзазул тIоцебе ислам лъица босараб?

– Зайд бин ХIарисица.

9. Кинаб гъазаваталда ТIадегIанав Аллагьас мунагьал чурарал гьенир рукIаразул?

– Бадруялъул гъазаваталда.

10. Какилъ рагIизабун ва балъго цIалулел бакIазул хIукму щиб?

– Суннатаб буго.

11. Паризаяб хIежалъе росасухъа ихтияр босизе тIадаб бугищ?

– Паризаяб хIеж гьелъ гьабизе ккола. Амма изну босизе беццараб буго.

12. Имам ШафигIил бищун машгьурав цIалдохъан щив?

– Имам АхIмад бин ХIанбал.

13. БетIер бахчичIого чIужугIаданалъ Къуръан цIализе бегьулищ?

– Бегьула. Бахчани беццараб букIина.

14. Берталъе ахIараб бакIалде жаваб гьабиялъул хIукму щиб?

– ТIадаб буго, берталъ гьукъарал жал ратичIони.

15. ГIабдуллагь бин МасгIудица чан хIадис бицараб?

– 848 хIадис.

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...