Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе
  1. «Салул гамайилан» сунда абулеб?

– Вараниялда.

  1. Аварагзабазул рикIкIен рехсараб аят щиб?

– Сура «ан-Ниса».

  1. Щиб сураялъулъ кIиго нухалъ басмала рехсараб?

– Суратул «ан-Намлалда».

  1. Адам щиб къоялъ вижарав?

– Рузман къоялъ.

  1. Щиб къоялъ Адам авараг алжаналъуса къватIиве вахъинавурав?

– Рузман къоялъ.

  1. МухIаммад ФатихI, Константинопол бахъарав султIан, кида гьавурав?

– Миладияб 1429 соналъ.

  1. Ярмук гъазаваталда цевехъанлъун щив вукIарав?

– Халид бин Валид.

  1. ГIали-асхIаб щиб заманалда чIварав?

– 18-абилеб рамазаналъ, гьижрияб 40-абилеб соналъ.

  1. Салманул Фарисиясе вацлъун щив гьавурав аварагас ﷺ?

– Абу Дардаъ.

  1. Иляс аварагасул халкъ киб букIараб?

– БагIлабакка абураб бакIалда. Жакъасеб къоялъ гьеб бакIалда цIар буго «Балабак», гьебги ккола филиппиназул ракь.

  1. Аюб аварагас чан соналъ балагь хIехьараб?

– 18 соналъ.

  1. Сабруялъул бицунеб мехалъ щив авараг ракIалде щолев?

– Аюб авараг.

  1. Къуръаналда бугеб кIиго сураялда абула «Ихлас» абун, щал гьел?

– Сура «Ихлас» ва «Кафирун».

  1. Къуръаналъул мурад щиб?

– ГIадамазе гIумру гьабиялъе нух, къанун бихьизаби.

  1. Щиб мугIжизат бугеб даимаб, нахъе инчIеб?

– Къуръан.

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...