Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

1. Маккаялда цоги кин абулеб?

– «Баладул амин» абун, ай божи бугеб, зарал гьечIеб шагьар.

2. ТIоцебесеб ва кIиабилеб вахIюялда гьоркьоб кигIанасеб заман араб?

– КIиго сонги анлъго моцIги.

3. Къуръаналда рехсараб бищун кIудияб мунагь щиб?

– Куфру.

4. Кинаб рекъел ккараб рагъ ккечIого?

– ХIудайбият абураб рекъел.

5. ХIатIиналъул рагъул цевехъан щив вукIарав?

– СалахIудин Аюб.

6. Щиб соналъ СалахIудиница Байтул Макъдис тIадбуссинабураб?

– 583-абилеб гьижрияб соналъ.

7. «СулхIул хIудайбият» абураб къотIи лъица хъвараб?

– ГIали-асхIабас.

8. ТIоцебе кьучIал хIадисал лъица данде гьарурал?

– Имам Бухарияс.

9. Лъил амруялдалъун тIоцебе хIадисал данде гьаризе байбихьараб?

– ГIумар бин ГIабдулгIазизил амруялдалъун.

10.  Кинаб сураялда жаниб тIоцебе сужда гьаби рехсараб?

– Сура «ал-АгIраф», аят 206.

11. Какил хIакъалъулъ чан нухалъ рехсараб Къуръаналда?

– 700 нухалъ.

12. ТIоцебе вахIю бачIиндал Авараг ﷺ кив вукIарав?

– ХIираалъул нохъода.

13. Гьижра гьабидал бусурбаби къабул гьавурав ханасда цIар щиб букIараб?

– Нажаши.

14.  Зодове Авараг ﷺ сунда рекIун арав?

– Буракъалда.

 

 

Шамил МухIаммадов

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...