Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе
  1. Бисмиллагьалдалъун байбихьичIеб сура щиб?

– Сура «Тавба»

  1. «Табарака» жузалда жаниб чан сура бугеб?

– 11 сура

  1. Бищун гIемер къокъал сураби кинаб Къуръаналъул бутIаялъулъ бугеб?

– «ГIамма» жузалъулъ.

  1. Жидер рокъобе тIоцебе Къуръан рещтIарал муъминзабазул улбул щал?

– Хадижат, ГIаишат ва Умму Саламат.

  1. Къуръаналда малаикзабийищ яги шайтIабийищ гIемер рехсарал?

– КIиялго ращадго рехсана, ай 68 нухалда.

  1. СихIручи, тавбу гьабун, битIараб нухде вачIине рес бугищ?

– Буго

  1. Аварагзабазул рикIкIен рехсараб аят щиб?

– Сура «ан-Ниса».

  1. Щиб сураялъулъ кIиго нухалъ басмала рехсараб?

– Суратул «ан-Намлалда».

  1. Адам щиб къоялъ вижарав?

– Рузман къоялъ.

  1. Баянго щив авараг гьавиялъул хIакъалъулъ рехсараб?

– ГIиса аварагасул хIакъалъулъ.

  1. Зинаялъул хIад кьаби щиб сураялда рехсараб?

– Сура «ан-Нуралда».

  1. Имам Бухариясул бищун машгьурав цIалдохъан щив?

– Имам Муслим.

  1. «Аварагзабазул эменилан» лъида абулеб?

– Ибрагьим аварагасда.

  1. Щив аварагасе Аллагьас ﷻ гьунар кьун букIараб хIайваназул ва хIанчIазул мацIалъ кIалъазе?

– Сулайман аварагасе.

  1. Хвалчадалъун тIоцебе рагъ гьабизе лъица байбихьараб?

– Ибрагьим аварагас.

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...