Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

1. БидгIияб цIар тIами сунда абулеб?

– ХIайизалда йикIаго цIар тIамиялда.

2. Кьолеб магьру чIужуялъе нахъбахъун хадуб кьезе бегьулищ?

– Бегьула.

3. РажгIияб (тIадюссинаюлей) цIар сунда абулеб?

– Гьеб ккола росас тIадюссинайизе рес бегьулеб заман. Гьебги буго лъабго нухалъ гьей яцIцIалъи.

4. Аллагьас ﷻ тIоцеве витIарав расул щив?

– НухI авараг.

5. Кинаяб абураб цIаралъул магIна щиб?

– Гьеб ккола росасул нияталда рекъон кколеб цIар.

6. Жидер рокъобе тIоцебе Къуръан рещтIарал муъминзабазул улбул щал?

– Хадижат, ГIаишат ва Умму Саламат.

7. Къуръаналда малаикзабийищ яги шайтIабийищ гIемер рехсарал?

– КIиялго ращадго рехсана, ай 68 нухалда.

8. СихIручиясе, тавбу гьабун, витIарав нухде вачIине рес бугищ?

– Буго

9. Аварагзабазул рикIкIен рехсараб аят щиб?

– Сура «ан-Ниса».

10. Щиб сураялъулъ кIиго нухалъ басмала рехсараб?

– Суратул «анНамлалда».

11. Адам щиб къоялъ вижарав?

– Рузман къоялъ.

12. Щиб къоялъ Адам авараг алжаналъуса къватIиве вахъинавурав?

– Рузман къоялъ.

13. МухIаммад ФатихI, Константинопол бахъарав султIан, кида гьавурав?

– Миладияб 1429 соналъ.

14. Зубайр бин ГIаввамил асхIабил чан сон букIараб Ислам босидал?

– 16 сон.

15. Бищун гIемер хIадисал аварагасдасан ﷺ лъица рицарал?

– Абу Гьурайратица.

ШАМИЛ МУХIАММАДОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...