Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

 

  1. «Къуръанул гIазим» абураб тафсиралъул автор щив?

– Машгьурав гIалим, хIафиз ибну Касир. Гьединго гьеб тафсиралде абула «Тафсир ибну Касир» абунги.

 

  1. Къуръаналъул ахиралда рещтIараб рагIи кинаб бугеб?

– «Язлимун» абураб рагIи. Сура «Бакъара», 281 аят.

 

  1. Сура «ВакъигIат» абун цIар щай кьураб?

– «ВакъигIат» абун авалалда рехсеялъ ва Къиямасеб къоялъул бицунеб букIиналъ.

 

  1. Чан нухалъ бакъ рехсон бугеб Къуръаналда?

– 32 нухалъ.

 

  1. Кинаб аят кколеб ТIадегIанав Аллагьас ﷻ тIолабго сахлъи жиндилъ данде гьабураб?

– Сура «АгIрафалъул», 31-абилеб аят. «Нуж кванай ва гьекъей, амма исрап гьабуге», - ян абураб.

 

  1. «Мудасир» сураялда хадуб щиб сура рещтIараб?

– Суратул «ФатихIа».

 

  1. ЦIваби чан нухалъ рехсарал Къуръаналда?

– КIиго нухалъ.

 

  1. Варани чан нухалъ рехсараб Къуръаналда?

– КIиго нухалъ.

 

  1. Кинаб сураялда рехсараб жужахIалъул анкьго нуцIби ругилан?

– Сура «ХIажар», аят 44.

 

  1. Къиямасеб къо чан нухалъ рехсараб?

– 48 нухалъ.

 

  1. Къуръан абун чан нухалъ бачIараб?

– 68 нухалъ.

 

  1. Аварагасул мажгиталда бараб какие чан кири хъвалеб?

– 1000 кири.

 

  1. Щиб сура кколеб гIалимзабаз жиндирго хIакъалъулъ абураб азарго къисабазде, азарго амруялде ва азарго нагьюялде щвей гьабулеб?

– Сура «ал-Бакъара».

 

  1. Къиямасеб къоялъул

цIар тIоцебе Къуръаналда киб

рехсараб?

– «Явму ддин» абураб сура «ФатихIаялда» рехсана.

 

  1. Гьудил къавм кин гьалаг гьабураб?

– Пири речIчIун.

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...