Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

1. Хандакъалъул гъазават кида байбихьараб?

– Гьижрияб щуабилеб соналъ.

2. Хандакъ бухъеян лъица малъараб?

– Салману Фарисияс.

3. Исламалъул инженер абун лъида абулеб?

– Салману Фарисиясда.

4. Аварагасулгун ﷺ къотIи хвезабизе бану Къурайзатал лъица ахIарал?

– ХIуяй ибну АхтIабица.

5. Мадинаялде гьижра гьабураб мехалда Аварагасул ﷺ чан сон букIараб?

– 53 сон.

6. ТIоцебесеб Аварагасул ﷺ гъазават щиб букIараб?

– Ваддан абураб гъазават.

7. Исра вал МигIражалъул сордоялъ тIоцебе чан как тIадаблъун гьабураб?

– 50 как.

8. Къурайшияз Авараг ﷺ дагIват гьабиялдаса ккун чIезавизе щив витIарав?

– ГIутбат ибну РабигIат.

9. Щиб гьес Аварагасе ﷺ кьолеб букIараб?

– ГIарац, бетIерлъи ва къадру-къимат.

10. Къуръаналъул вахIю хъвалел асхIабзаби щал рукIарал?

– Абубакар, ГIусман, ГIали, Зайд бин ХIарис, ГIабдуллагь бин МасгIуд.

11. Бищун гIемер амраби щиб сураялда ругел?

– Сура «ал-Бакъараялда».

12. Къуръаналда рехсараб алжаналъул гъветIалда цIар щиб?

– ТIуба.

13. Щив асхIаб вукIарав цIикIкIун аварагасда ﷺ релълъарав?

– ХIасан бин ГIали.

14. Баянго авараг гьавиялъул хIакъалъулъ лъил рехсараб?

– ГIиса аварагасул.

15. Хвалчадалъун тIоцебе рагъ гьабизе лъица байбихьараб?

– Ибрагьим аварагас.

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...