Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

 

  1. Чан нухалъ сура «РахIманалда» жаниб цого аят такрарлъараб?

– 31 нухалъ.

  1. Къуръаналда жаниб закагIатги какги цадахъ чан нухалъ рехсараб?

– 26 бакIалда рехсана.

  1. Кинаб сураялда жаниб Аллагьасул 12 цIар рехсараб?

– Сура «ХIашр», аят 23-24.

  1. Сура «Алю-ГIимраналъул» чан аят бугеб?

– 200.

  1. Ирс бикьи мухIканго кинаб сураялда рехсараб?

– Сура «Алю-ГIимраналда».

  1. Юнус аварагасдаги, гьесул къавмалдаги ва киталдаги хурхараб кинаб сураялда рехсараб?

– Сура «Саффаталда».

  1. Щиб моцIалъ Авараг ﷺ Мадинаялде вачIарав?

– РабигIул аввалалъ.

  1. УхIудалъул гъазаваталда Аварагас ﷺ къаде как гIодовчIун щай бараб?

– Щварал ругънал сабаблъун.

  1. Марьям абураб цIар Къуръаналда жаниб чан нухалъ рехсараб?

– 33 нухалъ.

  1. Сура «Анбияъ» абун щай цIар кьураб?

– 15 авараг рехсон вукIиналъ.

  1. ТIоцебе Мадинаялда рузманалъул как балеб мехалъ чан чи вукIарав?

– 40 чи.

  1. ХIудайбияталъул къотIи гьабулеб мехалъ кагъат лъица хъвараб?

– ГIали-асхIабас.

  1. Сура «Къаф» абун цIар щай кьураб?

– Къаф хIарпалдалъун байбихьиялъ.

  1. «РахIман» абун сураялъе цIар щай кьураб?

– РахIман абун байбихьиялъ.

  1. Сура «ан-Ннас» абун щай абулеб?

– Ан-Ннас абун рехсеялъ. Гьеб рагIи 5 нухалъ такрарлъана.

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...