Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

 

  1. «ХIавамим» абурал сураби чан ругел?

– Анкьго руго.

  1. Щал гьел кколел?

– «Гъафир», «Фуссилат», «Шура», «Зухруф», «Духан», «Жасият», «АхIкъаф».

  1. Щай гьезие «ХIавамим» абурал цIарал кьурал?

– «ХIавамим» абун Аллагьас ﷻ гьел сураби байбихьун рукIиналъ.

  1. НухIил къиса ва муъминзабигун гьев хвасарлъиялъул хIакъалъулъ баянго щиб сураялда рехсараб?

– «Гьуд» сураялда.

  1. «Юсуф» абун сураялда цIар щай тараб?

– Гьесул къиса гьениб рехсон букIиналъ.

  1. Дунялалда тIоцеве вижарав чи щив?

– Адам авараг.

  1. «Къадр» абун сураялъе цIар щай кьураб?

– Лайлатул къадр рехсеялъ.

  1. Туснахъалда вугеб мехалда Юсуф аварагас щиб гьабулеб букIараб?

– Туснахъалда ругел ТIадегIанав Аллагьасе ﷻ гIибадат гьабизе ахIана.

  1. Аварагас ﷺ щив витIун вукIарав ансаразухъе гьезда ислам малъизе?

– МусгIаб бин ГIумайр.

  1. Тушманасул рокъоб тарбия щварав авараг щив вукIарав?

– Муса авараг.

  1. ГIумар-асхIаб щиб гIужалъ чIварав?

– Рогьалил какда.

  1. Абубакарил ясазул бищун гIелму бугей щий йикIарай?

– ГIаишат.

  1. Аварагасул ﷺ чIужу ХIафсатица чан сон бараб?

– 69 сон.

  1. Суратул «Намлаялда» цоги щиб цIар абулеб?

– Суратул «Сулайман» абун.

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...