Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе
  1. ЖабрагIил малаик чан нухалъ рехсарав Къуръаналда?

– 3 нухалъ.

  1. Къуръаналъул тафсир гьабулезул шайихин лъида абулеб букIараб?

– Ибну Жабир ТIабарида.

  1. Дунялищ яги ахиратищ Къуръаналда цIикIкIун рехсараб?

– КIиябго 115 нухалъ рехсана.

  1. ГIараб мацI лъаларев чиясе цогидаб мацIалъ Къуръан цIализе бегьулищ?

– Бегьуларо. ГIараб мацIалъ цIализе ккола.

  1. Киталда жаниве ккарав чи щив вукIарав?

– Юнус авараг.

  1. Щиб сураялда рехсараб Адам аварагасулги иблисалъулги къиса?

– «Бакъара» сураялда.

  1. Цеве Иляс аварагищ яги Сулайманищ вукIарав?

– Сулайман вукIана.

  1. Адам аварагас щиб рагIи тIоцебе абураб?

– АлхIамдулиллагьин абуна.

  1. Зодоса рещтIарал тIахьазул бищун кIудияб кинаб кколеб?

– Къуръан.

  1. Щиб ретIел рехсон бугеб Къуръаналда?

– Юсуф аварагасул горде.

  1. Сура «Нисаъалда» Муса аварагищ яги ГIиса аварагищ цIикIкIун рехсарал?

– КIиялго лъаб-лъаб нухалъ рехсана.

  1. Гьуд авараг щиб къавмалъухъе витIун вукIарав?

– ГIад абураб къавмалъухъе.

  1. ШугIайб авараг сундалъун машгьурлъарав?

– ПасихIаб каламалдалъун.

  1. Бану Исраилазул ахирисев авараг щив?

– ГIиса авараг.

 

Шамил МухIаммадов

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...