Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

1. Цере рукIарал умматаз кIал кин кколеб букIараб?

– Щибаб моцIрол лъаблъаб къоялъ.

2. Щай абулеб Рамазан Къуръаналъул моцIилан?

– Щайгурелъул, гьеб моцIалъ Къуръан рещтIун букIун.

3. Самаркъанд шагьар гьижрияб щиб соналъ бахъараб?

– 93 соналъ.

4. Гьелъул цевехъан щив вукIарав?

– Къутайбат бин Муслим.

5. Кинав аварагасул амруялдалъун гьури пулеб букIараб?

– Сулайман аварагасул.

6. ТIоцебе «СубхIналлагь» абураб рагIи лъица абураб?

– ЖабрагIил малаикас.

7. «ВалхIамдулиллагь» абураб рагIи тIоцебе лъица абураб?

– Адам аварагас.

8. «Вала хIавла вала къуввата илла биллагьил гIазим» абураб рагIи тIоцебе лъица абураб?

– МухIаммад аварагас ﷺ.

9. Жакъа фикъгьиял хIукмабазул мазгьабал чан ругел?

– Ункъо буго нилъехъе щвараб: имам Абу ХIанифа, имам Малик, имам ШафигI, имам АхIмад.

10. Бану исраилазул ахирисев авараг щив вукIарав?

– ГIиса авараг.

11. Аятул «Курси» щиб сураялда бугеб?

– Сура «Бакъараялда».

12. Васвас рекIелъе рехулеб щайтIаналда цIар щиб?

– Ханнас.

13. Ахирисеб 30 жузалда жанибе чан сура унеб?

– 37 сура.

14. Сура «альГIимраналда» жаниб чан аят бугеб?

– 200 аят.

15. Гьижра гьабизегIан цебе рещтIарал сурабазда кинаб цIар абулеб?

– Суратул «Маккиягь» (Маккаялъул сура).

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...