Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

1. Хатаму Набийин, ай аварагзабазул мугьруйин лъида абулеб?

– МухIаммад Аварагасда ﷺ, гьезул ахирисев вукIиналъ.

2. Дажалил питнаялдаса щиб сураялъ цIунулел?

– Суратул «Кагьфалъ».

3. МухIаммад абураб цIар Къуръаналда чан нухалъ рехсараб?

– Ункъо нухалъ.

4. АхIмад абураб цIар чан нухалъ рехсараб?

– Цо нухалъ.

5. Бащдаб Къуръаналда бащалъулеб сура щиб?

– Сура «Залзалат».

6. Абубакарил инсул тIокIцIар щиб букIараб?

–  Абу КъухIафа.

7. Гьаб умматалъул божарав абун лъида абулеб букIараб?

– Абу ГIубайдат бин ЖарахIида.

8. Абубакарил ясазул бищун гIелму бугей щий йикIарай?

– ГIаишат.

9. «ГIамаялъул» сураялда щиб пихъ рехсараб?

– ЦIибил.

10. Авараг ﷺ хьихьизе ячарай ХIалиматил росасда цIар щиб букIараб?

– ГIабдулгIизил вас ХIарис.

11. Аварагзабазул рикIкIен рехсараб аят щиб?

– Сура «ан-Ниса».

12. Щиб сураялъулъ кIиго нухалъ «Басмала» рехсараб?

– Суратул «ан-Намлалда».

13. МоцI абураб рагIи чан нухалъ рехсараб?

– 12 нухалъ.

14. Жинде Аллагьас ﷻ илгьам гьабурайин абун Къуръаналда рехсарай чIужугIадан щий?

– Муса аварагасул эбел, сура «ал-Къасас», аят 7.

15. ТIоцебе тIарикъаталъул тIехь хIисабалда щиб тIехь хъвараб?

– Имам Къушайрил «Рисалат» тIехь.

 

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...