Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

1. Бищун гIемер Тавратищ яги Инжилищ рехсон бугеб Къуръаналда?

– Таврат 19 нухалъ рехсана, Инжил - 12 нухалъ.

2. ГIумар ибну ГIабдулгIазизил эбелалда цIар щиб букIараб?

– Лейла.

3. Аманат абураб рагIи чан нухалъ рехсараб Къуръаналда?

– 1 нухалъ.

4. Щиб къавм рехсон бугеб Къуръаналда?

– ШугIайб аварагасул Мадъян абураб къавм.

5. Кьурабалъ гIумру гьабураб къавмалъухъе щив авараг витIарав?

– СалихI авараг.

6. ГIумар ибну ГIабдулгIазизил инсуда цIар щиб букIараб?

– ГIабдулгIазиз.

7. Лукъманул ХIаким аварагищ яги валийищ?

– ГIемерисез абула вали вукIанин абун.

8. Аварагасул бищун машгьурал цIарал щал?

– МухIаммад ва АхIмад.

9. АсхIабзаби щал кколел?

– Аварагасда ﷺ дандчIварал ва гьесда иман лъурал, гьедин хвезеги хварал чагIи.

10. ТIоцебе кьучIал хIадисал данде гьарурав чи щив вукIарав?

– Имам Бухари.

11. Фикъгьияб «Мингьаж» тIехьалъул автор щив?

– Имам Навави.

12. Аварагасул ﷺ тIоцеесей ясалда цIар щиб букIараб?

– Зайнаб.

13. Бусурбанчиясе къиямасеб къоялъ кинаб кIиго сураялъ рагIад гьабулеб?

– «Ал-Бакъараялъ» ва «ГIимраналъ».

14. Хвасар гьарулеб сура щиб?

– Сура «ФатихIа».

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...