Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

 

  1. Зубайр бин ГIаввамил чан сон букIараб ислам босидал?

– 16 сон.

  1. ТIоцеве къазилъун щив вукIарав?

– ГIумар бин ХатIаб.

  1. Алжаналъул мацI щиб?

– ГIараб мацI.

  1. Ансаразул сайидилан лъида абулеб?

– СагIд бин МугIазида.

  1. ЧIвалелде цебе балеб суннатаб как тIоцебе лъица бараб?

– ХIубайб бин ГIадица.

  1. Авараг ﷺ гьавураб соналда щиб цIар лъураб?

– Пилалъул сон.

  1. КIиго нуралъул бетIергьан щив?

– ГIусман бин ГIаффан.

  1. Муса аварагасул тIоцебесеб мугIжизат щиб букIараб?

– ГIанса борхьиде свери.

  1. Бащдаб Къуръаналда бащалъулеб сура щиб?

– Сура «Залзалат».

  1. ГIараб мацIалда тажвидалъул магIна щиб?

– Берцин гьаби.

  1. Тажвид-гIелмуялъул мурад щиб?

– МацI цIуни, Аллагьасул ﷻ тIехьалда жаниб хатIаъ гьабиялдаса.

  1. Къуръаналъул щиб сураялъе хъизамалъул цIар кьураб?

– «Алу ГIимран» сураялда.

  1. «Разакъ» абураб Аллагьасул цIар Къуръаналда чан нухалъ рехсараб?

– Цо нухалъ.

  1. «Явмул мавгIуд» абураб рагIи Къуръаналда щиб магIнаялда бугеб?

– Къиямасеб къо абураб магIнаялда.

  1. Камилго рещтIараб сура щиб кколеб?

– Суратул «Муддасир».

 

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...