Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

 

  1. Аварагасул агьлу-хъизамалда гIараб мацIалъ кин абулеб?

– Агьлул-байт абун.

  1. Какилъ АттахIият цIали кида тIалъулеб?

– Какил ахирисеб ракагIаталда.

  1. Ибн ХIажиб ХIанбали абурав имам кида гьавурав?

– 570-абилеб гьижрияб соналъ.

  1. «Къуръанул гIазим» абураб тафсир лъица хъвараб?

– Имам ибну Касирица.

  1. ХIасанул Басриясда щиб тIокIцIар букIараб?

– Абу СагIид.

  1. «ХIавамимун», ай «хIамим» абун байбихьарал сураби щал?

– Гьел руго анкьго: «Гъафир», «Фуссилат», «Шавар», «Зухруф», «Духан», «Жасият», «АхIкъаф».

  1. Къуръаналда рехсараб алжаналъул гъветIалда цIар щиб?

– ТIуба.

  1. Исламалда тIоцевесев къази (судияв) щив вукIарав?

– ГIумар бин ХатIаб.

  1. Масжидул ХIарамалда бараб какихъ чан кири щолеб?

– Нусазарго.

  1. Бищунго дагь Къуръаналда цIарал рехсарал аварагзаби щал?

– ЯсагI, Зул-Кифл, Иляс ва Идрис. Щивасул цIар рехсон буго кIи-кIи нухалда. 

  1. Сабруялъул бициндал щив авараг ракIалде щолев?

– Аюб авараг.

  1. Паризаяб кIал кквей кида тIад гьабураб?

– Гьижрияб кIиабилеб соналъ.

  1. Гьижрияб сон кида байбихьулеб?

– Аварагас ﷺ Мадинаялде гьижра гьабун хадуб.

  1. ХIежалъул моцIал щал кколел?

– Шаввал, ЗулкъагIида ва ЗулхIижаялъул 10 къо.

  1. Мадина шагьаралъул агьлуялъеги ва гьениса унезеги хIеж бухьунеб бакIалда цIар щиб?

– Зул ХIулайфат. Мадинаялдаса 10-12 километралъ рикIкIад буго гьеб.

 

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...