Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе
  1. Аюб аварагасде бачIараб балагь чан соналъ халат

бахъараб?

– 18 соналъ.

  1. «Къуръаналъул эбелилан» щиб сураялда абулеб?

– Сура «ФатихIаялда».

  1. Сура «ФатихIаялда» жаниб чан аят бугеб?

– Анкьго.

  1. Жиндалъун гурони как буцIцIунареб сура щиб?

– Сура «ФатихIа».

  1. Къуръаналда мухIканго авараг гьавиялъул лъил рехсараб?

– ГIиса аварагасул.

  1. Щуабилеб гIасруялъул мужадид, ай дин цIи гьабурав чи щив кколев?

– Имам Гъазали.

  1. ГIакъидаялъул имам щив кколев?

– Имам Абул ХIасан АшгIари.

  1. ХIеж гьаби кида тIад гьабураб?

– Гьижрияб ичIабилеб соналъ.

  1. ХIеж бухьунел бакIазул тайпа чан бугеб?

– ТаматтугI, Къиран ва Ифрад.

  1. ХIадисалъул хIакъикъат сунца малъулеб мекъи ккечIого рукIине?

– ХIадис-гIелмуялъ.

  1. Шис абураб цIаралъул магIна щиб?

– Аллагьасул ﷻ сайгъат.

  1. Адамица ва ХIаваца жидерго лъимералда Шис абун цIар щай тараб?

– Гьабил чIван хадув Аллагьас ﷻ гьезие вас кьедал.

  1. Адам ва Шис аварагазда хадуб авараглъи лъие кьураб?

– Идрис аварагасе.

  1. Васвас рекIелъе рехулеб щайтIаналда цIар щиб?

– Ханнас.

  1. Паризаяб как кида тIад гьабураб?

– МигIражалъул сордоялъ.

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...