Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

1. Къуръаналъул магIна щиб?

– Гьелъул магIна буго «ЦIале» абураб.

2. Дунялалда бищун халатаб гIор щиб?

– Нил.

3. Садакъаялъул хIакъалъулъ Къуръаналда чан нухалъ рехсараб?

– 150 нухалъ.

4. Дунялалда бищун гъваридаб хIор?

– Байкал.

5. Къуръаналда щив асхIабасул цIар рехсараб?

– Зайд бин Харисил, (сура «ал-АхIзаб», аят 37).

6. Дунялалда бищун кIудияб хIор щиб?

– Каспий.

7. Кинай чIужугIадан эбелалъ гьайичIей?

– ХIава.

8. Къуръаналда цIарал рехсарал гъазаватал щал?

– Бадр, АхIзаб, ХIунайн.

9. Магърибалда тIоцебе бусурбабаз бараб шагьар щиб букIараб?

– Къайраван.

10. Лукъмат чан нухалъ рехсарав?

– КIиго нухалъ «Лукъман» сураялда, аят 12, 13.

11. Щибаб аят «с» хIарпалда лъугIулеб сура щиб?

– Сура «ан-Нас».

12. Къуръаналда рехсараб алжаналъул гъотIода цIар щиб?

– ТIуба.

13. ЧIвалелде цебе балеб суннатаб кIиго ракагIат тIоцебе лъица бараб?

– Хубайб бин ГIадица. Гьев ккана гьеб суннатлъиялъе сабаблъунги.

14. Сура «АгIрафалда» жанир рехсарал аварагзаби чан ругел?

– Анкьго: Адам, НухI, Гьуд, СалихI, ЛутI, ШугIайб, Муса.

15. ХIавамимун абулел сураби щал кколел ва гьел чан ругел?

– Анкьго руго: «Гъафир», «Фуссилат», «Шавар», Зухруф», «Духан», «Жасият», «ал-АхIкъаф».

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...