Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

1. Аварагасул ﷺ эбел-инсуда цIар щиб букIараб?

– Инсуда - ГIабдуллагь, эбелалда - Аминат.

2. Авараг ﷺ гьавураб соналда щиб цIар лъун букIараб?

– «Пилалъул сон» абун.

3. Щай гьединаб цIар лъураб?

– Гьеб соналъ Абрагьат, пилалги рачун, КагIба биххизе вачIунев вукIана. Кинниги Аллагьас ﷻ гьев гьелдаса гьукъана хIанчIиги тIаде тIамун.

4. Аварагасе ﷺ МухIаммад абун цIар лъица кьураб?

– Гьесул кIудияв инсуца, ай ГIабдулмутIалибица.

5. ГIабдулмутIалибица щай гьединаб цIар кьураб?

– Аллагьас ﷻ гьесде илгьам гьабун кьуна.

6. Имам КъуртIуби кида гьавурав?

– Гьижрияб 600 соналъ.

7. Кида дунял тун арав?

– Гьижрияб 671 соналъ.

8. ХIалиматил доба Аварагас ﷺ чан сон бараб?

– Щуго сон.

9. Аварагасул ﷺ эбел накълулъун хадуб Авараг ﷺ хьихьизе тIаде лъица босараб?

– ГIабдулмутIалибица

10. ГIабдулмутIалиб хун хадуб Аварагасул ﷺ чан сон букIараб?

– 8 сон.

11. КIудияв эмен хун хадуб Авараг ﷺ хьихьизе лъица тIаде босараб?

– Инсул вац Абу ТIалибица.

12. Авараглъи кьезегIан цебе Маккаялда Аварагасе ﷺ кинаб цIар кьун букIараб?

– Амин абун (божизе бегьулев чи).

13.  КIиго нуралъул бетIергьан щив?

– ГIусман бин ГIаффан.

14. Муса аварагасул тIоцебесеб мугIжизат щиб букIараб?

– ГIанса борхьиде свери.

15. Бищун халатаб гIор щиб?

– Нил.

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...