Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

 

  1. «Къуръаналъул хъаравул» абун лъие цIар кьун букIараб?

– ГIумар-асхIабил яс ва аварагасул ﷺ чIужу ХIафсатие.

  1. Яъжуж ва Маъжужазе къед лъица бараб?

– Зулкъарнайница.

  1. «Къуръаналъул эбел» абун сунда абулеб?

– Сура «ал-ФатихIаялда».

  1. Зубайр бин ГIавамица, ислам босидал, чан сон бан букIараб?

– 16 сон.

  1. Сура «ФатихIаялъул» бисмиллагь тIадаб бугищ цIализе ва гьеб аятлъун кколищ гьелъул?

– Сура «ФатихIаялъул» бисмиллагь цIализе тIадаб буго ва гьеб аятги ккола.

  1. «Алжаналъул кIул» абун сунда абулеб?

– «Лаилагьа илла Ллагь МухIаммадун расулуЛлагь».

  1. Халкъалъул эменилан лъида абулеб?

– Адам аварагасда.

  1. Исламалъул хIужжайилан лъида абулеб букIараб?

– Имам Гъазалиясда.

  1. Къуръаналда бищун кIудияб къиса щиб?

– Юсуф аварагасул къиса.

  1. Бисмиллагьалъул чан хIарп бугеб?

– 19 хIарп.

  1. Ахирисеб 30 жузалде жанибе чан сура унеб?

– 37 сура.

  1. Щиб сура бугеб хабалъ жинца шапагIат

гьабулеб?

– Сура «Мулк» («Табарака»).

 

 

Шамил МухIаммадов

 

 

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...