Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

1. Аварагасул ﷺ хIакъалъулъ хъвараб «Шифа» абураб тIехьалъул автор щив?

 – Имам Къази ГIияз.

2. ТIоцебе зодоб как ахIарав щив вукIарав?

– Жибрил.

3. Лъил хвелалдалъун ГIарш сородараб?

– СагIад ибну МугIаз хведал.

4. Жиндаса малаикзаби нечарав чи щив вукIарав?

– ГIусман ибну ГIаффан.

5. ТIоцебе КагIба сверун тIаваф лъица гьабураб?

– Малаикзабаз.

6. ТIоцебе парзлъун щиб как гьабураб?

– Къаде как.

7. Имам Навави чамабилеб соналъ гьавурав?

– 631 гьижрияб соналъ.

8. Исламалъул ХIужжайин лъие цIар кьураб?

– Имам Гъазалиясе.

9. ГIараб мацIалъ тIоцеве кIалъарав чи щив вукIарав?

– ИсмагIил авараг.

10. Малаикзабазул бищун тIадегIанав щив?

– ЖабрагIил малаик.

11. Аллагьасул гъалбацI абун цIар лъие щвараб?

– ХIамзатие, Аварагасул ﷺ имгIаласе.

12. Бищун хирияб аят щиб?

– Аятул «Курсий»

13. Къуръаналда бищун кIудияб аят кинаб бугеб?

– Сура «Бакъараталъул» 282 аят. Гьениб налъул (къарзалъул) хIакъалъулъ бицунеб буго.

14. Къуръан абураб рагIул магIна щиб кколеб?

– ЦIали абураб.

15. ТIоцебе рещтIараб аят щиб?

– «ЦIале» абураб магIна, сура «ГIалакъалъул» аят.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...