Аслияб гьумералде

Къуръаналда буго

Къуръаналда буго

1. Аварагасул бищун кIудияб мугIжизат щиб кколеб?

– Хирияб Къуръан.

2. Къуръаналъул тартибалда рекъон, ахирисеб сура щиб?

– Сура «ан-Нас».

3. КIиго пихъалдалъун Аллагь гьедун байбихьараб сура щиб?

– Сура «ат-Тин».

4. Къуръаналда аварагзабазул бищун гIемер щив рехсарав?

– Муса авараг.

5. Къуръаналда как чан нухалъ рехсараб?

– 700 нухалъ.

6. Къуръаналъул ракIилан щиб сураялда абулеб?

– «Ясин» сураялда.

7. ТIоцевесев хIафиз щив?

– МухIаммад авараг.

8. ТIоцебесеб сура киб рещтIараб?

– Маккаялда.

9. Аллагьасул чан цIар рехсон бугеб?

– 99.

10. «Жинн» абун сураялда цIар щай тараб?

– Щайгурелъул авалалда аварагасде r хитIаб гьабуна жиналги рехсон.

11. Рузман къоялъ ва сордоялъ цIализе бихьизабураб сура кинаб кколеб?

– Сура «Кагьф».

12. Кинав асхIабасул цIар рехсараб Къуръаналда?

– Зайд бин ХIарис, сура «ал-АхIзаб», аят 37.

13. Ахирисеб сура киб рещтIараб?

– Мадинаялда.

14. АхIмад абураб аварагасул цIар чан нухалъ рехсараб?

– Цо нухалда.

15. Къуръаналда чан сура бугеб?

– 114.

ШАМИЛ МУХIАММАДОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...