Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

1. Щиб моцIалъ Къуръан рещтIараб Аварагасде ﷺ?

– Рамазан моцIалъ.

2. Бихьиназул тIоцебе иман лъурав щив вукIарав?

– Абубакар-асхIаб.

3. Аварагасда ﷺ хадуб рагIизабун тIоцебе Къуръан лъица цIалараб?

– ГIабдуллагь ибну МасгIудица.

4. Къуръаналда закагIатги какги цадахъ чан бакIалда рехсараб?

– 26 бакIалда.

5. Кинаб сураялда рехсараб Аллагьасул ﷻ 12 цIар?

– Сура «ХIашр», аят 23-24.

6. Ансариязда ислам малъизе щив витIун вукIарав?

– МусгIаб ибну ГIумайр.

7. Аварагас ﷺ гьижра гьабураб мехалъ ГIали-асхIаб чан къоялъ чIарав Маккаялда?

– Лъабго къоялъ.

8. Мадинаялде щведал Аварагас ﷺ щиб гьабураб?

– Мажгит базе байбихьана.

9. Щиб моцIалъ Авараг ﷺ Мадинаялде вачIарав?

– РабигIул аввалалъ.

10. УхIудалъул гъазаваталда Аварагас ﷺ къаде как гIодовчIун щай бараб?

– Щварал ругънал сабаблъун.

11. Марьям абураб цIар Къуръаналда чан нухалъ рехсараб?

– 33 нухалъ.

12. Гьижрияб чамабилеб соналъ Хайбаралъул гъазават байбихьараб?

– Гьижрияб анкьабилеб соналъ.

13. ИгIтикафалъул хIукму кинаб бугеб?

– Суннат буго.

14. Ягьудиязул ислам босарав чи щив вукIарав?

– ГIабдуллагь ибну Салам.

15. Сура «Анбияъ» абун цIар щай кьураб?

– Гьелда 15 авараг рехсон вукIиналъ.

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...