Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе ЛЪАЛИЩ НУЖЕДА?

Нужее баяналъе ЛЪАЛИЩ НУЖЕДА?

Къуръан - бищун тIадегIанаб ва хирияб тIехь

 

Къуръан цIалиялдалъун нилъер ракIал рацIцIад гьарула ва иман щула гьабула. Къуръан ккола мугIжизат, ай жинца гIадамал гIажаиблъизарулеб. 

 

Гьаниб гъоркьехун рехсолел руго Къуръаналда хурхарал цо-цо суалал ва жавабал.

 

– Къуръан абураб рагIиялъул магIна щиб кколеб?

– ЦIали абураб магIна буго.

– Зодоса рачIарал щал тIахьал рехсарал Къуръаналда?

– Таврат, Забур, Инжил, Ибрагьим ва Муса аварагзабазухъе рещтIарал тIанчал.

– Къуръаналда чан сура бугеб?

– 114 сура.

– Чан нухалда Къуръаналда МухIаммад аварагасул ﷺ цIар рехсон бугеб?

– 4 нухалъ.

– Чан аят бугеб?

– 6236 аят.

– Кинаб сураялъ инсан цIунулев дажалил питнаялдаса?

 – «ал-Кагьф» сураялъ.

– Бищун гIемер такрарлъулеб рагIи щиб?

- Аллагь абураб рагIи. Гьеб такрарлъула 2640 нухалъ.

– Къуръаналда чан рагIи бугеб?

– 77439 рагIи.

– Чан хIарп бугеб?

– 323015.

– Бищун хирияб аят щиб?

– Аятул Курси.

– Бищун халатаб сура щиб?

– «Бакъара».

– Бищун халатаб аят щиб?

- «Дайнун» абураб аят, (сура «Бакъара», аят 282).

– Бищун къокъаб сура щиб?

- «Кавсар». Гьелда жаниб буго лъабго аят.

– Ахиралда рещтIараб сура щиб?

 - «Бараат».

– Ахиралда рещтIараб аят щиб?

- «Калалат», гьеб ккола «ан-Нисаа» сураялъул ахирисеб аят.

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...