Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

1. Чан соналъ Адам авараг алжаналъув вукIарав?

– 130 соналъ.

2. Чан соналъ НухI аварагас гама гьабураб?

– 40 соналъ.

3. Имам Тирмизи кида гьавурав?

– 209 гьижрияб соналъ.

4. Кида гьев накълулъарав?

– 279 гьижрияб соналъ.

5. Аллагьасул ﷻ  халипа абун лъие тIокIцIар кьураб?

– Давуд аварагасе.

6. Къуръаналдаса хадуб бищун кьучIаб тIехь лъил рикIкIунеб?

– Имам Бухариясул кьучIал хIадисазул тIехь.

7. Аварагзабазда гьоркьоса тIоцеве алжаналде щив лъугьине вугев?

– МухIаммад авараг ﷺ.

8. ЖабрагIил малаикасул цIар Къуръаналда чан нухалъ рехсараб?

– Лъабго нухалда.

9. КигIанасеб мехалъ НухIил гама лъедолеб букIараб?

– 6 моцIалъ.

10. ТIоцебе чу квегъарав чи щив вукIарав?

– ИсмагIил авараг.

11. ТIоцеве Исламалда къазилъун щив вукIарав?

– ГIумар бин ХатIтIаб.

12. Алжаналъул мацI щиб?

– ГIараб мацI.

13. Бищун мухIканаб, хисизабизе кIвечIеб тIехь щиб?

– Къуръан.

14. НухIил гама щиб къоялъ магIарда рещтIараб?

– МухIаррамалъул анцIабилеб къоялъ. Гьелда ГIашура къойилан абула.

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...