Аслияб гьумералде

Как ахIиялъул баян

Как ахIиялъул баян

Как ахIиялъул баян

ТIадегIанав Аллагьас бусурбабазда къойил щуго как тIад гьабидал ва бищун лъикIаб гIамаллъун гIужил авалалда жамагIат гьабун как байги гьабидал, гьел цIакъ хIажалъана киназдаго, гьеб какде ракIарулел рукIин лъазабиялде. Гьеб суалги гьоркьоб лъун Аварагас асхIабзаби ракIаридал, батIи-батIиял пикраби загьир гьаруна, амма цонигиялда Авараг разилъичIо, цого-цо лъица бугониги ахIилин гьел какде абураб жоялда гурого. Гьеб абулезул цояв вукIана ГIабдуллагь бину Зайд.

Абу-Давудица кьучIаб иснадалдалъун бицана ГIабдуллагь бину Зайдидасан, гьес абунин: «Аллагьасул Расулас амру гьабидал какде гIадамал ахIизе, кодоб цIумурги ккун цо чи вихьана дида макьилъ. Дица абуна гьеб цIумур дие бичеян абун. Гьес гьикъана сундуе гьеб къваригIун бугебилан. Дица абуна какде гIадамал ракIаризе хIажат бугин. Гьес абуна дица дуда гьелдасаги лъикIаб малъилин.

Дица абуна малъеян. Гьес малъана как ахIулеб куц. Радал дица Аварагасда бицана дидаго бихьараб макьу. Гьес абуна: «Гьеб лъикIаб макьу буго. Дуца гьеб Билалида малъе, гьесул гьаракь борхатабги берцинабги буго», - ян. ГIабдуллагьицаги малъун Билалица как ахIана. Гьебго жо макьилъ бихьун ГIумар-асхIабги вачIана. Гьебго жо анцIгоялдаса цIикIкIун асхIабасдаги бихьанилан буго. ТIадежоялъе, как ахIулеб куц малъун хирияв Аварагасухъе вахIюги рещтIана. Гьеб вахIю аслулъунги ккана как ахIиялъе. Жакъа къоялде щвезегIан гьедин как ахIун ракIарула гIадамал какде ва лъазабула какие заман щун букIин. («ФатхIул гIалам», бутIа 1)

АРСЛАНГIАЛИ ГIУМАРОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...