Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе
  1. Гьавураб мехалъ ГIиса аварагас щиб абураб?

– Дун Дур (Аллагь) лагъ вугин.

  1. КIиго пихъалдалъун Аллагь ﷻ гьедун байбихьараб сура щиб?

– Сура «ат-Тин».

  1. Щиб соналъ хIеж тIадаблъун гьабураб?

– ИчIабилеб гьижрияб соналъ.

  1. Къуръаналда как чан нухалъ рехсараб?

– 700 нухалъ.

  1. Къуръаналда хIеж чан нухалъ рехсараб?

– 11 нухалъ.

  1. Кинаб хIалалда накълулъарав Давуд авараг?

– Сужда гьабулаго.

  1. Закария аварагасул щиб махщел букIараб?

– ЦIулал устарлъи.

  1. Гъуялъуве Юсуф авараг рехидал, гьев чан сон барав чи вукIарав?

– 14 сон барав чи вукIана.

  1. Щиб моцIалъ Таврат рещтIараб?

– Рамазаналъул анлъабилеб къоялъ.

  1. ТIоцебе «Бисмиллагьи ррахIмани ррахIим» абун лъица абураб?

– Сулейман аварагас.

  1. ГIакаги вараниги чан чиясдаса Къурбаналъе хъвезе бегьулеб?

– Анкьго чиясдаса.

  1. Къуръаналда жаниб садакъа чан нухалъ рехсараб?

– 150 нухалъ.

 

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...