Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе
  1. «БисмиЛлагьалъул» чан хIарп бугеб?

– 19.

  1. «ХIа» ва «Мим» - аздаса байбихьулел сураби чан ругел?

– Анкьго.

  1. Щай гьезие ХIавамим абурал цIарал кьурал?

– ХIа-мим абун Аллагьас ﷻ гьел сураби байбихьун рукIиналъ.

  1. Щал гьел кколел?

– Гъафир, Фуссилат, Шура, Зухруф, Духан, Жасият, АхIкъаф.

  1. НухIил къиса ва гьев муъминзабигун хвасарлъиялъул хIакъалъулъ баянго щиб сураялда рехсараб?

– «Гьуд» сураялда.

  1. «Юсуф» абун сураялда цIар щай тараб?

– Гьесул къиса гьениб рехсон букIиналъ.

  1. Дунялалда тIоцеве вижарав чи щив?

– Адам авараг.

  1. «Къадр» абун сураялъе цIар щай кьураб?

– Лайлатул къадр рехсеялъ.

  1. Алжаналъур чан сон барал гIадамал рукIине ругел?

– 33 сон барал.

  1. Алжаналда щиб мацI букIине бугеб?

– ГIараб.

  1. Иблисалда цебе щиб цIар букIараб?

– ГIазазил.

  1. Гьелъул магIна щиб?

– «ТIадегIан гьабураб» абураб.

  1. «Дунялалда чIаго вилълъанхъулев шагьид» абун цIар лъие щвараб?

– Зубайр ибну ГIаввамие.

  1. Аварагасул ﷺ рагъул шлемалда цIар щиб букIараб?

– «ВахIш».

  1. Аварагасул ﷺ байрахъалда щиб цIар букIараб?

– «Укъаб».

 

Шамил МухIаммадов

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...