Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

1. Имам Къушайри чанабилеб соналъ гьавурав?

– Гьижрияб 376 соналда.

2. Аллагьасул ﷻ нухда жинца чу квегъарав асхIаб щив?

– Микъдад ибну ГIамр.

3. Щибаб къоялъ малаикзабаз салам кьолев асхIаб щив?

– ГIимран ибну ХIусейн.

4. Бищун цебе ислам босарай гIадан щий йикIарай?

– Хадижат.

5. 70 000 чиясда гьоркьоса хIисаб-суал гьечIого Алжаналъуве унев чи щив?

– ГIукашат ибну МихIсан.

6. Жиндалъун малаикзаби нечолев чи щив вукIарав?

– ГIусман-асхIаб.

7. Кинав асхIабасул цIар рехсараб Къуръаналда?

– Зайд бин ХIарисил, сура «ал-АхIзаб», аят 37.

8.  Ахирисеб сура киб рещтIараб?

– Мадинаялда.

9.  АхIмад абураб аварагасул ﷺ цIар Къуръаналда чан нухалъ рехсараб?

– Цо нухалда.  

10. Къуръаналда чан сура бугеб?

– 114 сура.

11. Сагьвиллъиялъул сужда киб гьабулеб?

– Салам кьелалде цебе.

12. Какги закагIатги Къуръаналда жаниб чан нухалъ рехсараб цоцада хурхинабун?

– 26 нухалъ.

13. Сура «РахIман» абун цIар щай тараб?

– Аллагьас ﷻ РахIман абун байбихьиялдалъун. 

14. Бищун къокъаб сура щиб?

– Сура «ал-Кавсар».

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...